Аслияб гьумералде

Форумалъе ахир лъуна

Форумалъе ахир лъуна

«Каспий» санаториялда тIобитIана Халкъаздагун диназда гьоркьосеб гIолилазул XII форум.

Гьелъул хIасил гьабиялъулаб тадбиралда кIалъарав ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Рафик Ханзаровас бицана форум цIакъ пайдаяб куцалда анин ва тIаде-тIадеялъулги жеги лъикI тIобитIизе Аллагьас щивасе къуват кьегийин абун.

«Гьаб форум гIицIго цо хасаб тадбирлъун гуреб, унго-унгояб гьудуллъиялъулаб, цоцазда ричIчIиялъулаб байрамлъун лъугьана», - ян абуна министрасул заместителас.

Гьес бицухъе, форумалда, аслияб куцалда, кIвар буссинабуна терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъулаб хIалтIи гьабиялде. Гьеб кколелъулха жакъа жамгIияталъе бищун цIикIкIараб хIинкъи бугеб «унтилъун». 

Дагъистаналъул муфтияталъул цIаралдасан кIалъарав лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев АхIмад ХъахIаевас абуна:

«Гьаб иргадулаб форумалъ цоги нухалда бихьизабуна диназда гьоркьоб кинаб букIаниги дандеккунгутIи, цоцазда ричIчIунгутIи гьечIеблъи ва нилъер жамгIияталда жаниб питна бекьизе бокьарал мурадалде щолареблъи. Цадахъ ругони, нилъ лъидаго къезаризе кIвезе гьечIо», - ян абуна А. ХъахIаевас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...