Аслияб гьумералде

Къуръан цӀалиялъул къец

Къуръан цӀалиялъул къец

Хасавюрт районалъул Петраковское росулъ тӀобитӀана хирияб Къуръан цӀалиялъул рахъалъ къец. Гьебги тIобитIана лъабго номинациялда рекъон.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ва къецалда гIахьаллъулезе лъикIабщинаб гьарана ДРялъул муфтиясул заместитель АхӀмад Гъодоберинскияс, Хасавюрт шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъваница, муниципалитеталъул миллатазда гьоркьосеб политикияб отделалъул СагIид ХIамидовас.

Тадбиралъул заманалда ДРялъул муфтиясул рахъалдасан Баркалаялъул кагъатги кьуна Петраковское росдал имам Идрис ХIажиевасе гьединал лъикIал ишал гьарулел рукIиналъухъ.

Къец лъугIун хадуб бергьаразе ва гIахьалчагIазе кьуна шапакъаталги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...