Аслияб гьумералде

«МугIрузул чIужугIаданалъул ретIел»

«МугIрузул чIужугIаданалъул ретIел»

«МугIрузул чIужугIаданалъул ретIел»

Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тIобитIана «МугIрузул чIужугIаданалъул ретIел» абураб цIаралда гъоркь дандеруссин.

Гьениб бицана чIужугIаданалъул ратIлил, раккана тарихалде, рехсана диналъ гьелъул хIакъалъулъ щиб абулеб бугебали.

Дагъистаналъул чIужугIа-даналъул ратIлил бициналдаго цадахъ гьениб баян кьуна хIижаб ва никъаб щиб кколебин абураб суалалъеги.

ДГИялда цебе бугеб «Врата истории» абураб централъул нухмалъулев Мурадулла Дадаевас абуна бусурбабазда лъалин хIижабалдаги никъабалдаги гьоркьоб бугеб батIалъи, амма исламияб диналдаса рикIкIад ругезда бичIчIулин гьеб цого форма кколеб гIадин. Гьелъ бугин жамгIияталда бахIсги кколеб.

ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас бицана нилъеца гIумру гьабун бугин светияб пачалихъалда.

«Нилъер щивасул ихтияр буго эркенго дин гьабизе. Амма нилъ Россиялъул гражданал кколеблъиги кьочIое босун, нилъеда тIадаб буго улкаялъул законазе мутIигIлъизе. Цо-цо мехалда нилъеда гьеб кинабго бичIчIулеб гьечIо ва рухIияб хазина хIалтIизабулеб буго жидерго хасал мурадазе гIоло», - ян абуна гьес.

РАНалъул ИИАЭялъул ДФИЦялъул гIелмияй хIалтIухъан, тарихиял гIелмабазул кандидат Майсарат Мусаевалъ чIванкъотIараб баян кьуна Дагъистаналъул руччабазул миллияб ратIлие.

«Щибаб росдал руччабазул буго батIи-батIияб ратIлил форма. Гьелъухъ балагьунгицин лъалаан пуланай гIадан щиб мухъалдаса кколеяли. Никъаб яги паранжа дагъистниязул форма гуро. Гьеб ретIулаан Дербенталда гIумру гьабун рукIарал перс миллаталъул цо-цо руччабаз. Гьезул букIана жалго жидедаго чIараб яшав ва къанагIатги рахъунароан рокъоса къватIиреги», - ян абуна М. Мусаевалъ. 

Исламиял гIелмабазул магистр Манар Умм аль-Гьудаца, хIижабалъул бицунаго абуна, гьеб ратIлица цIунулин ва кIодоги гьаюлин чIужугIадан.

«Хас гьабун гьеб ретIел ретIизе кколин абизе бегьуларо, амма бичIчIизабизе ккола бусурбанчIужуялда тIадал ишал, гьелъ жиндирго берцинлъи бахчизе кколеблъи. ХIакъикъияб хIижаб – гьеб гуро ххамил кесек, гьеб буго хIарамлъиялдаса цIунулеб бер ва Аллагь рехсолеб ракI», - ян бицана Манарица.

Данделъиялда рихьизаруна XIX гIасруялъул ахиралда ва XX гIасруялъул авалалда Дагъистаналъул руччабаз ретIулеб букIараб ратIлил сураталги.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...