Аслияб гьумералде

Къурбаналъул гIид кIодо гьабуна

Къурбаналъул гIид кIодо гьабуна

Къурбаналъул гIид кIодо гьабуна

МахIачхъалаялда бугеб «Зебра» абураб комплексалда лъабазаргоялдасаги цIикIкIун чияс гIахьаллъи гьабуна Къурбан байрамалъул хIурматалда тIобитIараб тадбиралда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна исламиял гIелмабазул доктор, муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадовас, АГиПалъул хIалтIухъабаз, хIукуматалъул вакилзабаз, парламенталъул депутатаз ва цогидазги.

Муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадовас киназдаго баркана байрам ва гьарана лъикIабщинаб.

Гьайгьай, ахIана нашидал, палугьабаз рихьизаруна гьунарал, кванана плов, гIахьаллъи гьабуна, байрамалъул хIурматалда, тIобитIараб гьанал ярмаркаялда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...