Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул ифтар

ГIалимзабазул ифтар

ГIалимзабазул ифтар

«Рамазаналъул чодрохъ» тIобитIана исламиял гIалимзаби, исламиял гIелмабазул докторзаби, Дагъистаналъул исламияб университеталъул преподавательзабигун студентал гIахьаллъараб ифтар.

Гьеб баракатаб мажлисалда гIахьаллъи гьабизе тIолабго республикаялдасаго гIалимзаби рачIун рукIана гьенире.

Ифтаралдаса хадуб ДИУялъул бищун лъикIал преподавательзабазегун студентазе кьуна батIи-батIиял сайгъаталги.

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...