Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул данделъи

ГIалимзабазул данделъи

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана муфтиясул заместителаль, имамзаби, теологал, хӀукуматалъул идарабазул вакилзаби.

Аслияб суалги букӀана бусурбаби цолъун ва рикьалаби гьаричIого рукIиналде ахIулеб.

Муфтияс гӀалимзабазда абуна рикьалаби гьарулездаса рикӀкӀад рукӀине хIаракат бахъейин, бицана социалиял гьиназдасан къваригIел гьечIелщинал жал тIиритIизарулез БетIергьанасда цере рахъинадал жаваб кьезе букIиналъул ва гьукъана мажгиталъул минбарал политикиял мурадазда хӀалтӀизаризе: «Нилъер мурад ккола гӀицӀго Аллагь рази гьави. Нилъ политикал гуро», - ян абуна муфтияс.

Данделъараз бицана гьудуллъи-вацлъи цIунизе кколеблъиялъул, тIаде гIолеб гIел хъизам гьабиялде хӀадур гьабизе тIадаб букIиналъул, наркотиказдаса цIунун чIеялде халкъ ахIизе ккеялъул, исламияб банкинг цебетӀезабиялъул.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...