Аслияб гьумералде

Эбелалъул къо

Эбелалъул къо

Эбелалъул къо

«Инсан» фондалъ ЧIарада районалда тIобитIана Эбелалъул къоялда хурхун тадбир. Аслияб куцалда гьеб бухьинабун букIана СВОялда жидер лъимал чIварал, лъимал-инвалидал хьихьун ругел, Россиялъул регионазда дагIват гьабулел лъимал ругел ва 10 яги жеги цIикIкIун лъимал ругел хъизамаздаса улбул кIодо гьариялда.

Муниципалитеталъул бетIер МухIидин МухIаммадовги регионалияб парламенталъул депутат МухIаммад СагIдулаевасул кумекчIужу Муслимат МуртазагIалиеваги щвана СВОялда чIварал рагъухъабазул хъизамазухъе.

Эбелалъул къоги баркун, депутатасул рахъалдаса гIарцулал сайгъатал кьуна гьез Гьачада росулъа Хатимат ГIалибеговалъеги ЦIуриб росулъа Гарага Мусаевалъеги. «Нужееги хъизамазеги сабру кьеги Аллагьас. ВатIаналъе гIоло рухI кьурал нужер васазул бахIарчилъи даим кIоченаро халкъалда. ХIажаталъур хIалае рахъине хIадурал руго нижги», - ян бицана гьез.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...