Аслияб гьумералде

ХIажизабазул масъалабазул бицана

ХIажизабазул масъалабазул бицана

Россиялъул хӀажизабазе хӀеж ва гӀумра гӀуцӀиялъул суал гьоркьоб лъураб Россиялъул Федерациялъул Генералияб консуллъиялда (СагӀудиязул ГӀарабия) Жиддаялда тӀобитӀана данделъи.

Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель ИсмагӀилов Мурад; Рамазан Ибрагьимов – Дрялъул муфтиясул вакил; «Марва-Тур» хӀежалъул компаниялъул генералияв директор МухӀамад Маматханов; Жиддаялда вугев РФялъул генералияв консул Юсуп Абакаров. Данделъиялда бицана Россиялъул хӀажизабазе хӀеж ва гӀумра гӀуцӀиялъул, хӀежалъул киналго бутIабазда муъминзабазе гьабулеб квербакъиялъул, ДРялъул муфтияталда ва СагӀудиязул ГӀарабиялда бугеб РФялъул Генералияб консуллъиялда гьоркьоб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ. Хирияб Макка ва Мадина шагьаразда хӀежалде унезе санагӀалъаби ва хӀинкъи гьечӀел шартӀал чӀезариялъул мурадалда цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул кӀваралда тӀадчӀей гьабуна гьез.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...