Аслияб гьумералде

Халкъазда гьоркьосеб студентасул къо кIодо гьабуна ДГИялда

Халкъазда гьоркьосеб студентасул къо кIодо гьабуна ДГИялда

Халкъазда гьоркьосеб студентасул къо кIодо гьабуна ДГИялда

Тадбир байбихьана байрамалъулаб чай гьекъеялдасан.

«ДГИялда гIадатлъун лъугьун буго рузман къоялъ ВУЗалъул коллектив ва студентал цадахъ гIодор чIолел ва чайги гьекъолаго гьаризе ругел ишазул, ракIалда ругел планазул ва цIи-цIиял идеябазул бицунеб», - ян абуна ректорасул кумекчIужу Хадижа МухIаммадовалъ.

Студентазул байрамалде гьез хIадурун букIана творческияб программаги.

Тадбир рагьарав ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас бицана студентлъиялъулаб гIумру бугин бищунго ракIалда чIолеблъун.

«Аслияб кIвар кьезе ккола гьеб заман пайдаяб куцалда тIобитIиялде, лъай тIалаб гьабиялде. Гьеб мехалда нужер рахъине руго унго-унгоял махщелчагIи», - ян абуна ректорас.

Хадуб тIоритIана батIи-батIиял къецал. Гьоркьо-гьоркьор нашидал ахIана ГIабдурахIман ХIажиевас ва «Ансар» къукъаялъ.

Тадбиралъул ахиралда ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас, цIалулъ ва гIелмиябгун жамгIияб хIалтIулъ лъикIал хIасилал рихьизаруразе кьуна грамотабиги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...