Туризмалъул министргун дандчIвана

ДРялъул муфти, шайих АхIмад афанди дандчIвана туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министрасул ишал тIуралев Эмин Мердановгун. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна «МарваТур» хIеж-компаниялъул генералияв директор Булат Къурбановас, Россиялъул хIеж-миссиялъул нухмалъулев ХIизбула Асуевас ва цогидазги.
Шайих АхIмад афандица Эмин Мердановасда баркана министрасул хъулухъ ва абуна гIадамазе пайдаяблъун батагийин тIаде босараб гьеб ишилан. «Халкъалъе баракат бугевлъун ватаги мун ва дуца гьабулеб иш цебетIеялъе Аллагьас тавпикъги кьеги.
Дур хIалтIухъ балагьун кьезе буго Дагъистаналъеги дагъистаниязеги къимат. Гьединлъидал мун вукIине ккола сундулъго мисаллъун. Нижин абуни рукIина дур кумекчагIилъун», - ян абуна Дагъистаналъул муфтияс.
Къуръан цIализе кумек гьабулеб тIехь

Хирияб Къуръан цIалиялъе жиндаса квербакъи щолеб «Мишкат аль-МасабихI» абураб тIехь бачIана гьал къоязда къватIибе. Гьелдаса пайда босизе бегьула гьанжего гьанже Къуръан цIализе байбихьулезги гьелъул унго-унгоял махщалилазги.
Авторасул рагIабазда рекъон, «Мишкат аль-МасабихI» лъугьине буго хирияб Къуръан цIализе бокьарав щивав чиясул кумекчилъунги гьеб нухда канлъи чIвазабулеб чирахълъунги. Гьеб тIехь букIине рекъараб буго щивав чиясул столалда тIад. Гьединго гьелдаса пайда босизе бегьула школаз, тIадегIанал цIалул идарабаз ва динияб лъай кьолел гIуцIабаз.
Зарал ккаразе кумек гьабила
Маялъул ахиралда чваххунцIадал раялъул хIасилалда зарал ккарал Хунзахъ районалъул гIадамазе кумек гьабизе бугин лъазабуна Дагъистаналъул хIукуматалъ. Гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьизе бакIалде щун вукIана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановги.
«Дагъистаналъул хIукуматалъул премьер-министрас жавабиязда тIадкъана къокъаб заманалда жаниб зарал ккаразул сияхI гьабейин ва гьединго ккараб заралалъул хIисабги гьабейин абун. Гьединго хехаб заманалда жаниб рукIалиде ккезаризе руго цIадаз хвезарурал нухал ва социалиял объектал», - абун хъвалеб буго хIукуматалъул сайталда.

25 маялда бараб хехаб чваххунцIадалъул хIасилалда зарал ккана Хунзахъ районалъул ТIагьада, Уздалросу, ХъахIикIкIал, ГьоцIалъ ва ГьитIинаб ГьоцIалъ росабазе. Зарал гьабуна 103 мина-рукъалъе, ункъониги социалияб объекталъе ва росабазул жанисел нухазе.
Башкириялдаса гьалбал

Башкириялдаса Дагъистаналде рачIун рукIарал гьалбадерие цIакъ бокьана республикаялъул муфти, шайих АхIмад афандихъеги гьоболлъухъ щвезе. 2 июналда гьезул мурад тIубана ва гьел муфтигун дандчIвана.
«Татаралги башкиралги нижеца нижерго кIудиял вацаллъун рикIкIуна», - ян абуна муфтияс гьезул щивасе саламги кьолаго. Башкиразул делегациялъе нухмалъи гьабуна Башкортостаналда бугеб Дагъистаналъул миллияб централъул председатель МухIамммадхIабиб СултанмухIаммадовас.
Гьединго гьалбадерида цадахъ вукIана муфтиясул кумекчи Ильяс Умалатов. Абизе ккола башкираздаги муфтиясдаги гьоркьоб лъикIаб, ракI рагьараб гара-чIвари кканин ва АхIмад афандияс бицана дагъистанияз татаразулгун башкиразул кидаго хIурмат гьабулаанин ва жакъаги гьабулин абун.
«Щай дица нуж цIикIкIарал вацаллъун рикIкIунел? Щайгурелъул Дагъистаналде гIелмудул кIудияб бутIа бачIиналъе сабаблъун ккарав чи Зайнулла-ишан Расулевги вукIун», - ян абуна муфтияс.
Жалго жидецаго чIвараллъун рикIкIана

Нухазда букIине кколеб низамги машинадул хехлъиги цIуничIого авариязде ккун къадаралде щварал жалго жидецаго чIвараллъун рикIкIине кколин абураб хIукму гьабун буго Узбекистаналъул бусурбабазул идараялъ. Гьениб баян гьабухъе, нухазда хьвадиялъул низам цIуни ккола шаргIалда чара гьечIого тIубазабизе тIадаб иш.
«Бихьизабуралдаса цIикIкIараб хехлъиялда машина бачунаго авариялде ккун хварав водитель, шаргIалда рекъон, живго жинцаго чIваравлъун рикIкIуна», - ян хъвалеб буго Узбекистаналъул бусурбабазул идараялъ тIибитIизабураб лъазабиялда.
Гьенибго баян гьабулеб буго нухазда низам цIуниялъул мурадалда къабул гьабураб гьеб фатваялъул магIна бугин шаргIалъ тIадаблъун гьабураб лъабго хIужа цIуниги. Масала, сахлъи, мал-мулк ва наслу. Исана соналъул январь-апрель моцIазда жаниб Узбекистаналда ккун буго 2,2 азарго автоавария. Гьелъул хIасилалда хун вуго 550 чи ва больницаялде ккун вуго 1,6 азарго чи.
Бусурбанчиясул сахаватлъи

СагIудиязул ГIарабиялдаса ГIабдурахIман Аль-Досри абулев чияс хIукму гьабуна жинда лъазего лъаларев ва жинца гIумру гьабун бугеб бакIалдаса азаргоялдаса цIикIкIун километралъ рикIкIад гIумру гьабун вугев унтарав васасе жиндирго ургьисала сайгъат гьабизе.
АнцIго сон барав Фейсал Аль-Субайе 2018 соналдаса нахъе вуго унтун ва гьесул унтиги тIадеялдаса тIаде хIалуцунеб буго. Жидеда лъазего лъаларев чияс гьабулеб бугеб кумек рагIидал унтарасул хъизан битIахъе гIажаиблъун хутIана ва вас сахлъизе вукIиналде божилъи цIикIкIана.
Журналистазулгун букIараб дандчIваялда Аль-Досрица бицана школалда цIалулеб заманалдаго ният букIанин гIадамазе кIвараб кумек гьабизе ва гьеб мурадалда волонтерасул хIалтIиги тIаса бищанин.