Аслияб гьумералде

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как»

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как»

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как»

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как» абураб, лъималазе гIуцIун букIараб, тадбиралъул хIасил гьабуна Казбек районалъул Ленинаул росулъ.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул СТОялда вугев вакил Ибрагьим Къулдуевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмадрасул Качалаевас, Хасавюрт районалъулгун шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадица, гIолилазул вакилзабаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз.

Тадбир рагьана хирияб Къуръанги цIалун ва 40 къоялъ рогьалил какде мажгиталде рачIарал лъималазе кьуна батIи-батIиял сайгъатал. ПалхIасил, 250 лъимадуе щвана велосипедалгун самокатал ва гIарцулал шапакъатал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...