Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфтияс баркана

Дагъистаналъул муфтияс баркана

Дагъистаналъул муфтияс баркана

Дрялъул муфти, шайих Ах1мад-афандица, СалахI-хIажи Межиевасда баркана КЦМСКалъул председательлъун вищи.

«Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хIурматияв вац СалахI-хIажи!

РакI-ракIал баркула дуда Северияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъулаб централъул нухмалъулевлъун вищи. Нижеда лъала ислам цебетIезабиялъул нухда дуца гьабулеб бугеб къимат тIокIаб хIалтIи ва лъала мун гIакъилав, сабурав, уммат цолъизабиялъул мурадалда гIетI тIун хIалтIи гьабулев чи вукIин.

Гьеб хъулухъалде мун вищи – гьеб буго дуде гьабураб кIудияб божилъи ва божарал руго дур нухмалъиялда гъоркь нилъер регион жеги цебетIезе букIиналда. 

Аллагьас дуе сахлъиги икъбалги кьеги тIаде босараб иш тIубазабиялъе. Ниж киналго руго дуда цадахъ ва хIадурал руго дур хIалтIуе бажарараб кумек гьабизеги цадахъ рекъон хIалтIизеги», - ян хъвалеб буго муфтияс гьабураб баркиялда.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...