Аслияб гьумералде

«ТIабигIат берцин гьабиялъул сордо»

«ТIабигIат берцин гьабиялъул сордо»

Каспийск шагьаралда, Халиловасул цIаралда бугеб паркалда, тIобитIана рухIиябгун лъай кьеялъул мурадалда «ТIабигIат берцин гьабиялъул сордо» абун цIар кьураб мажлис. Гьеб гIуцIана, шагьаралъул мэриялъул квербакъиялдалъун, имамзабазул советалъ.

Данделъи байбихьана хирияб Къуръан цIалиялдасан.

КIалъазе рахъана диниял хIаракатчагIи, мажгитазул имамзаби, ахIана нашидал, бихьизабуна театралиял исценировкаби. Гьединго тIобитIана викторинаби ва бергьаразе кьуна ракIалде щвеялъулал сайгъатал.

Тадбир гIуцIараз бицухъе, гьединаб мажлис тIобитIиялъе аслияб гIилла букIана жамгIият цолъизаби ва щивав чи жидерго тIабигIат-гIамал берцин гьабиялде ахIи.

Дандеруссиналда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул кумекчи ГIабдуллагь Хидирбековас, шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Шамил БахIандгIалиевас, Дагъистаналъул спорталъул министерасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас, шагьаралъул администрациялъул спорталъулгун туризмалъул управлениялъул начальник Шамил МухIаммадовас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...