Аслияб гьумералде

ГIамал берциналлъун рукIине ккола

ГIамал берциналлъун рукIине ккола

ГIамал берциналлъун рукIине ккола

Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул Унсоколо районалда бугеб отделаъул нухмалъулев ГIабдулаев НурмухIаммад, МугIрузулаб округалда бугеб гьебго отделалъул нухмалъулев ГIабдулкаримов ГъазимухIаммад ва Унсоколо росдал имам ГIисалгIалиев ГIиса щвана Унсоколо росдал школалде ва дандчIвана цIалдохъабигун.

Диниял хIаракатчагIаз бицана исламалда рекъон инсанасул бищун лъикIаб хасият кколин тIабигIат-гIамал лъикIлъизаби ва гIун бачIунеб гIелалъги гьанжего кIвар кьезе ккелин гьеб рахъалдейилан абун. Гьединго бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул ва кIудиязул гьабизе кколеб хIурматалъул хIакъалъулъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...