Аслияб гьумералде

Свердлов областалде сапар

Свердлов областалде сапар

Муфтияталъул лъай кьеялъул югалъулаб Дагъистаналда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад Ражабовасул нухмалъиялда гъоркь, диниял хIаракатчагIи щвана Свердлов областалде.

Гьезул мурадги букIана гьеб регионалда гIумру гьабун ругел дагъистаниялгун дандчIвай ва гьезие вагIза-насихIатал гьари.

Екатеринбургалда гьел щвана Дагъистаналъул культурияб централде ва гьениб бицана нилъерго миллиябщинаб цIуниялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIул.

Гьединго делегациялъул гIахьалчагIи щвана цIияб балеб мажгиталде. Гьебги балеб буго СВОялъул бахIарзазул хIурматалда.

Гьеб сапаралъул заманалда жаниб Гъоркьияб Тагилалда, ТIасияб Салда шагьаразда ва Бисерть поселокалда гьаруна мавлидал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...