Аслияб гьумералде

«Имам Шамил – Россиялъул ва Кавка-залъул БахIарчи» - тарихияб диктант

«Имам Шамил – Россиялъул ва Кавка-залъул БахIарчи» - тарихияб диктант

Гуманитариябгун педагогикияб колледжалда тIобитIана «Имам Шамил – Россиялъул ва Кавказалъул БахIарчи» абураб темаялда тарихияб диктант хъваялъул тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Юсуповасул цIаралда бугеб ва «ВатIан» абурал школазул цIалдохъабаз, гуманитариябгун педагогикияб колледжалъул, Башларовасул цIаралда бугеб медколледжалъул студентаз.

Данделъаразе саламги кьун кIалъай гьабуна ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас. Гьес бицана тIобитIулеб бугеб тадбиралъул кIваралъул, тIаде гIолеб гIелалъ лъидаса ва кин мисал босизе кколебали, гьединго, щивав чиясда нилъер улкаялъул тарихги бахIарзалги лъазе кколеблъиялъул.

Диктант хъвана Шамил имамасул гIумруялдаса, гьесул наибзабазул лъугьа-бахъиназдаса рехсарал хIужабиги хIалтIизарун.

Тадбиралъул ахиралда киналго гIахьалчагIазе кьуна сертификаталги.

Гьеб тадбир гIуцIана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул хIаракаталдалъун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...