Аслияб гьумералде

Муфтиясул кубокалъе гIоло

Муфтиясул кубокалъе гIоло

Муфтиясул кубокалъе гIоло

Избербаш шагьаралда тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил цIаралда бугеб кубокалъе гIоло футбол хIаялъул рахъалъ къецал.

Гьезда гIахьаллъи гьабуна 23 командаялъ. Бергьарал ва гIахьаллъарал командаби кIодо гьаруна батIи-батIиял шапакъатаздалъун ва грамотабаздалъун.

Гьединго, тIоцебесеб бакI ккураб командаялъе кьуна 80 азарго гъурущ ва кубок. КIиабилеб бакI ккуразе щвана 60 азарго гъурущ ва лъабабилебгун ункъабилеб бакI ккуразе – 40 азаргогун 20 азарго гъурущ.

Гьединаб тадбир гIуцIиялъе хIаракатчилъи бихьизабурав Избербаш шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдулла Салимовас бицухъе, турнир тIобитIизе буго щибаб санайил.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...