Аслияб гьумералде

СагIудиязул вакилзаби – Дагъистаналда

СагIудиязул вакилзаби – Дагъистаналда

СагIудиязул вакилзаби – Дагъистаналда

СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялъул делегация бачIана Дагъистаналде. Гьелъие бетIерлъи гьабуна ХIежалъул ва гIумраялъул ишазул министр Тауфикъ Фавзан ал-РабигIаца.

Гьединго, делегациялъул къукъаялда гьоркьор вукIана Къираллъиялъул Россиялда вугев посол ГIабдурахIман ал-АхIмад ва сагIудиязул авиалиниязул генералияв директор Ибрагьим бен ГIабдурахIман ал-ГIумар.

МахIачхъалаялъул аэропорталда гьезда дандчIвай гьабуна республикаялъул бетIер Сергей Меликовас, сенатор Ильяс ГIумахановас, ДРялъул пачалихъияв секретарь МухIамад-Султан МухIамадовас.

МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул минаялъуб, сагIудиязул делегациялъул вакилзабазулгун данделъиги тIобитIана. Гьелда гIахьаллъи гьабуна, тIадехун рехсараздаго цадахъ, республикаялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи афандица, Россиялъул ХIеж-миссиялъул нухмалъулев ХIизбула Асуевас, «Марваялъул» генералияв директор Булат Къурбановасгун цогидазги. Гьез бицана Дагъистаналдаса хIежалде гIадамал ритIиялъул ва дандчIвалел цо-цо захIмалъабазул хIакъалъулъ, гьединго, СагIудиязул Къираллъиялъги Дагъистаналъги цадахъ рекъон гьаризе бегьулел ишазул.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...