Аслияб гьумералде

ГIолилазул масъалаби ва ресал

ГIолилазул масъалаби ва ресал

ГIолилазул масъалаби ва ресал

МахIачхъалаялда бугеб «Россия - моя история» абураб тарихияб паркалда данделъи тIобитIана Шамил районалдаса вакилзабаз. Аслияб суалги букIана жакъа гIолилазда церечIарал масъалабазул ва ресазул бицараб.

Дандеруссиналда кIалъана гIалимзаби МухIаммадрасул СагIадуев, МухIаммад Сулейманов, ДРялъул бетIерасул гIакълучи Шамил ГIалиев, районалъул имам МахIмуд-афанди Думалаев, Лъай кьеялъул министерствоялъул хIалтIухъан ГъазимухIаммад МухIумагъазиев ва цогидалги.

Гьединго тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Шамил районалдаса рахъарал машгьурал спортсменазги.

Данделъиялъул гIахьал-чагIазул ихтияр букIана гIалимзабазе ва гьалбадерие суалал кьезеги. Гьединал суалалги рукIана ригьнал риххиялда, хъизамалъулал гьоркьорлъабазда, бусурбабазул ратIлида, исламияб диналда рекъон квана-гьекъезе кколеб къагIидаялда хурхарал.

Гьениб хIукмуги гьабуна гьединал данделъаби хаду-хадурги тIоритIизе.

Ахиралда, Шамил районалъул гIолилазул цевехъанлъун вищана МухIаммад Дибиров. Цебе гьеб иш тIубазабулаан ХIажи МахIачевас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...