Аслияб гьумералде

Муфтиясул кумекчияс гIахьаллъи гьабуна

Муфтиясул кумекчияс гIахьаллъи гьабуна

МахIачхъалаялда бугеб гуманитариябгун педагогикияб колледжалъул конференц-залалда тIобитIана Хьаргаби районалдаса студентазулгун дандчIвай. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас ва политикиялгун жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз.

Данделъи тIобитIаразул рагIабазда рекъон, гьеб дандеруссиналъул аслияб мурад букIана рухIияб рахъ щула гьаби, сахаб гIумру гьабиялде гIолилал ахIи ва квешал пишабаздаса гьел цIуни. Данделъи ана гарачIвариялъулаб къагIидаялда ва студенталги разиго хутIана гьелдаса. Бихьулеб букIана гьезие дандеруссиналдаса гIезегIан пайда щвараблъи.

«Инсаналъ» байрам гIуцIана

БатIи-батIиял тадбирал тIоритIулеб «Европа» абураб кIалгIаялда, халкъазда гьоркьосеб инвалидазул къоялда бан, тIобитIана байрам. Гьеб тIобитIиялъе кверги бакъана «Инсан» фондалъ. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель Шамил ГIалихановас, Пачалихъияб Думаялъул депутат Артём Бичаевас, МахIачхъала шагьаралъул бетIерасул заместитель Эмилия Ражабовалъ, фондалъул къайимчилъиялъулаб советалъул председатель Мурад Алискеровас. Республикаялъул муфтиясул цIаралдасан саламги кьун кIалъарав Шамил ГIалихановас бицана гьал лъималазулги гьазул умумузулги гьурмада гьими бихьи – гьеб бугин бищун кIудияб рохелилан.

Гьелъухъ баркалаги загьир гьабуна «Инсан» фондалъе. Пачалихъияб Думаялъул депутат Артём Бичаевасги кIудияб баркала кьуна муфтияталъеги фондалъеги инвалидал лъималазе берцинаб байрам гIуцIаралъухъ. МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул рахъалдасан кIалъарай Эмилия Ражабовалъ Баркалаялъулаб кагъат кьуна «Инсан» фондалъул генералияв директорасе. АнцIгониги сон буго «Инсан» фондалъ гьединал, ай сакъатал лъималазде кIвар кьолеб бугелдаса, гьелги данде гьарун тIоритIула байрамалги. Гьайгьай, гьединаб хIалтIухъ лъималго гIадин лъималазул умумулги разиго рукIуна.

«Эбелалъул къо» тIобитIана

«Инсан» фондалъул гIахьаллъигун Гъуниб районалъул росабалъ тIобитIана «Эбелалъул къоялъе» сайгъат гьабураб байрам. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул председатель ГIалиасхIаб Разакъовасги рехсараб фондалъул нухмалъулев ГIабдуллагь ШагIбановасги. Гьел щвана районалъул росабалъе, дандчIвана ва байрам баркана гIумруялъул хIалбихьи цIикIкIарал, кверчIвазе нахъа рос гьечIого хутIарал, жидецаго лъимал гIезарурал улбузда.

Узбек мацIалда муфтиясул тIехь

МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIана узбек мацIалда бахъараб муфтиясул «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехьалъул цебелъей. Гьениб гIахьаллъи гьабуна муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадовас, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял суалазул рахъалъ министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимовас, Доналда бугеб Ростов шагьаралда вугев Узбекистаналъул генералияв консул Рустам Курганбаевас, тIоцевесев секретарь-консул Хужабахлил Асамовас, Узбекистаналъул вакилзабаз, жамгIиял ва диниял идарабаз, гьединго, Дагъистаналда цIалулел ругел гьеб улкаялдаса студентаз.

Пачалихъияб идараялъул нухмалъулес къокъабго баян кьуна тIехьалъул ва таржамачагIазул хIакъалъулъ. «Узбек мацIалда «ЛъикIал тIабигIатазул ах» тIехьалъул къватIибе биччана 3000-ялдаса цIикIкIун экземпляр. Таржамаялъе кьучI лъуна министерствоялъул бетIерлъиялда гъоркь гIуцIараб комиссиялъ», - ан абуна Э. Муслимовас. Узбекистаналъул бетIерав консулас бицана Узбекистаналъулги Россиялъулги гьоркьоблъабазул, абуна гьел тIадегIанаб даражаялда ругилан. Муфтиясул рахъалдасан баркигун кIалъазе вахъана гьесул кумекчи МухIаммад МухIаммадов.

Гьес бицана тIехь бахъиялъул мурадалъул ва гьелъул бугеб кIваралъул. «ЛъикIал тIабигIатазул ах» тIехь тIоцебе къватIибе биччан букIана 2015 соналъ гIараб мацIалда. Хадусел соназда гьелъул таржама гьабуна гIурус, магIарул, гъиргъиз, казах, тажик ва узбек мацIазде. ТIехьалъул таржама гьабурав Насруло Мир Иноятица бицана гьеб тIехьалъул авторасулгун лъай-хъвай ккезегIан ва гIараб мацIалда бахъараб гьелъул оригинал цIализегIан, жиндир батIияб бербалагьи букIанин тасаввуфалдехун.

«ТIоцебе гьеб тIехь цIалидал дида бичIчIана гьаб заманалда Дагъистаналда тIарикъат тIадегIанаб даражаялда букIин. Гьеб ккана таржама гьабиялъе аслияб гIиллалъунги. Нижер, ай гIемерисел гIадамазул пикру букIана нилъер заманалда гьедин цIунараб тIарикъатго батиларилан. ТIехьалъулгун ва гьелъул къадруяв авторасулгун ккана лъай-хъвай, щвана чанго нухалъ Дагъистаналде, дандчIвана Накъшубандияб ва Шазалияб тIарикъаталда ругел диналъул вацалгун, ричIчIуларел суалазда тIасан тIоритIана бахIсал. Цинги дида бичIчIана Северияб Кавказалда сах-саламатго тIарикъат цIунун букIин», - ан бицана гьес.

Гъиргъизазул делегация – Дагъистаналда

ЦерегIанго къояз Дагъистаналде бачIун букIана Гъиргъизия республикаялъул делегация. Гьел щвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад афандихъеги. Муфтиясухъе рачIаразда гьоркьор рукIана Гъиргъизия республикаялъул пачалихъияб комиссиялъул ва диниял ишазул рахъалъ директор Тойгонбой ГIабдикъаров ва гъиргъизазул тIадегIанав муфти Замир Ракиев. Гьалбадерида цадахъ вукIана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимов.

Гъизляралда данделъана

Гъизляр шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIилов дандчIвана Гъизляр шагьаралда ругел школазул, колледжазул ва вузазул филиалазул нухмалъулелгун. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъана лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъаби, школазул директорзабазул заместителал ва цогидалги. Данделъи ана цIакъ магIнаялда, кьуна сайгъатал ва бицана гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул. Ахиралда, Мурад ИсмагIиловас баркала загьир гьабуна данделъиялде рачIаразе ва гIахьаллъи гьабуразе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...