Аслияб гьумералде

ГIолилазул форум

ГIолилазул форум

Гъизилюрт районалда тIобитIана «Молодые. Здоровые. Успешные» абураб цIаралда гъоркь гIолилазул форум.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Гъизилюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадхIабиб МухIаммадовас, районалъул гIолилазул куратор, ЦIияб ЧIикIаб росдал имам Шамил ГIисахIажиевас, машгьурав спортсмен, ММАялъул рахъалъ дунялалъул чемпион ГIабдула ГIисаевас, муфтияталъул централияб округалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев СагIид Тимигишиевас ва МахIачхъалаялда бугеб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан МухIаммадрасул МухIаммадовас.

Гьениб бицана жакъа гIолилазда дандчIвалел захIмалъабазул, гьезда гьоркьоб букIине кколеб адаб-хIурматалъул, исламалда гьудуллъи-вацлъи цIуниялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Тадбир тIобитIана ДРялъул муфтияталъул хIаракаталдалъун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...