Аслияб гьумералде

Интеллектуалияб хIай

Интеллектуалияб хIай

«Россия – моя история» абураб тарихияб паркалда тIобитIана «Связь времён – от начала до наших дней» абураб цIаралда гъоркь интеллектуалияб хIай. Гьеб гIуцIун букIана ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул хIаракаталдалъун. Тадбиралъул аслияб мурадги букIана гIун бачIунеб гIелалда тарих лъай ва улкаялъул къимат гьабизе гьел ахIи.

ХIаялда гIахьаллъи гьабуна шагьаралъул батIи-батIиял цIалул идарабазул командабаз. Гьез бихьизабуна тарихалде ва ватIаналде бугеб рокьи, гIемерисел суалазе кьуна битIарал жавабал.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Даниял Умаиловасги. Гьесги гьабуна гIолилазе насихIатал ва абуна нилъерго араб лъачIони букIинесеб гIуцIун бажаруларин абун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...