Аслияб гьумералде

Лъай камил гьабиялъул курсал

Лъай камил гьабиялъул курсал

Лъай камил гьабиялъул курсал

«Современные подходы к укреплению общероссийской гражданской идентичности и профилактика деструктивного воздействия на молодёжь в сети интернет и социальных сетях» абураб программаялда рекъон, Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тIобитIана лъай камил гьабиялъул курсал.

Гьезда гIахьаллъи гьабуна диниял хIаракатчагIаз, рухIияб лъай кьеялъул гIуцIабазул хIалтIухъабаз.

Курсазда гIахьаллъараз бицухъе, гьел ратана цIакъ пайдаял, жамгIияталдагун гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьабиялъе кутакалда санагIатал.

Масала, ЦIияб ГIурада росдал имам ГъазимухIаммад Рамазановас бицухъе, гьеб бакI сабаблъун ккана тIадеги лъай щвеялъе ва цогидазул хIалбихьиялдаса пайда босизе санагIатаб майданлъун.

Курсазда гIахьаллъаразе кьуна сертификаталги. Гьел кьеялъул тадбиралда гIахьаллъана ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиев, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министрасул тIоцевесев заместитель Арсен МахIмудов, диниял ишазул рахъалъ управлениялъул начальник МухIаммад МухIаммадов ва цогидалги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...