Аслияб гьумералде

«ДугIаялъул сордо»

«ДугIаялъул сордо»

«ДугIаялъул сордо»

27 сентябралда, рабигIул аввал моцI тIаде щвеялъул хIурматалда, МахIачхъалаялъул аслияб майданалда тIобитIана тIолго республикаялъулаб мавлид. Гьелда гIахьаллъана батIи-батIиял шагьараздаса ва росабалъа аза-азар дагъистаниял. Тадбиралде рачIаразда гьоркьор рукIана диниял гIалимзаби, хIакимзаби, политикиял ва жамгIиял хIаракатчагIи.

«ДугIаялъул сордоялда» лъикIал насихIатал гьаруна гIалимзабаз, МухIамад авараг ﷺ къодо гьавун битIана салават, ахIана мавлид, бицана аварагасул ﷺ гIумруялъул хIакъалъулъ, бикьана садакъа.

Тадбир гIуцIун букIана ДРялъул бетIерасул квербакъиялдалъун ДРялъул муфтияталъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...