Аслияб гьумералде

Республикаялда тIоцересел бакIал

Республикаялда тIоцересел бакIал

Дагьал къояз цебе Республикаялъул Дагъистаналъул тарихалъул олимпиадаялда тIоцересел бакIалги ккун тIадруссана Шамил районалъул Ругъелда росдал школалъул 9 классалъул цIалдохъан МухIаммадов Нурулаги, 10 классалдаса ТIайгибов МухIаимадги. Гьезул учитель М. ГъазимухIаммадовас бицана къецал рукIанин хIалуцарал. ГIахьаллъулезул къадар бахун букIанин 60-ялде.

М. ГъазимухIаммадов вуго хIалбихьи бугев учитель. Гьев гIемер хIалтIула цIалдохъабазда росдалги республикаялъулги тарих лъазабиялда тIад. Школалда гьес данде гьабун буго росдал тарихалъул бицунеб музейги.

Араб соналъ школалде щварав лъай кьеялъул министр Я. Бучаевас лъикIаб къиматги кьуна гьеб музеялъе.

Цебе-цебеги МухIаммадил цIалдохъабаз ккуна республикаялда чанго цересел бакIал, Москваялда букIараб къецалда ТIайгибовас ккуна тIоцебесеб бакI.

Сайпула ГьитIинамухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...