Аслияб гьумералде

Дагъистаналда хIаж компаниялъул хIасилал гьаруна

Дагъистаналда хIаж компаниялъул хIасилал гьаруна

Дагъистаналда хIаж компаниялъул хIасилал гьаруна

МахIачхъалаялда тIобитIараб пресс-конференциялда 2024 соналъул хIаж-компаниялъул хIасилал гьаруна. Гьениб гIахьаллъи гьабуна миллияб политикаялъул министр Энрик Муслимовас ва ООО «Марва-туралъул» генералияв директор Булат Къурбановасги. Гьаб соналъ нилъер улкаялъе хIаж борхизелъун 25 азарго чиясе квота щвана. Цинги гIумру гьабула ругел бусурбабазул къадар хал гьабун щибаб субъектазде рикьула гьел квотаби. Исана Дагъистаналдаса хIежалда ана 10 азарго чи. Къурбанов Булатица бицухъе дагъистаниязул исанасеб хIежги гIезегIан лъикIаб куцалъ тIобитIана. ЗахIмалъаби рихьичIогоги хутIулищха ва амма хIежалъул гуцIцIи ва хIажизабазе кумек гьабиялъул хIалтIаби къойидаса къойиде лъикIлъулел руго.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...