Аслияб гьумералде

«Ал-Акъса» мажгиталъул копия

«Ал-Акъса» мажгиталъул копия

МахӀачхъалаялъул Хушет поселокалда тӀобитӀана Палестинаялъул «Ал-Акъса» мажгиталъул мухӀканаб копиялъун букӀине бугеб мажгиталъе кьучӀ лъеялъул тадбир. Гьеб кӀвар бугеб тадбиралъ данде гьаруна нус-нус гӀадамал. Гьелъул хӀурматалда тӀобитӀана мажлис, гьениб гьаруна вагIза-насихIатал, цIалана нашидал.

Гьеб тадбиралъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана гьанже республикаялда гӀумру гьабулел Гъазаялъул секторалдаса Палестинаялъул гӀадамалги. Гьенив вукӀарав цо палестинас абуна: «Ниж цӀакъ рохарал руго гьадинаб баркатаб мажлисалда гӀахьаллъулел рукӀиналдаса. Гьаниве вачӀарав ва гьаб мажгит бихьарав щивав чиясда ракӀалде щвезе батила «Ал-Акъса» мажгит», - ян.

ЦӀияб Хушет росдал имам МухIаммадов Мансурил рагӀабазда рекъон, киналго мажгитал руго ракӀбацӀцӀадго гӀибадат гьабулел бакӀал, амма гьез, гьединго, гIадамалги цолъизарула.

Мажгит базе гӀарац бакӀарулеб буго халкъалъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...