Аслияб гьумералде

ГурхIел-рахIмуялъулаб тадбир

ГурхIел-рахIмуялъулаб тадбир

ГурхIел-рахIмуялъулаб тадбир

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана гурхIел-рахIмуялъулаб велопробег.

Тахшагьар бакьулъа ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централде щвезегIан бихьизабураб маршруталда рекъон тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна школлъималаз, спортсменаз, диниял хIаракатчагIаз, депутатаз, жамгIиял церехъабаз ва цогидазги.

Гьелда гIахьаллъарал гьитIиназгун кIудияз бихьизабуна сахаб гIумру гьабизе кколеблъи ва киналго ахIана квешал пишабаздаса рикIкIалъизе.

Тадбиралда гIахьалъи гьабуразул квербакъиялдалъун кIвана ДЦПялъ унтараб микьго лъимадуе хIажатаб гIарац бакIаризе ва гьединго цогидал унтаби ругезеги кумек гьабизе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...