Аслияб гьумералде

ГIелмиябгун практикияб конференция

ГIелмиябгун практикияб конференция

ГIелмиябгун практикияб конференция

Пятигорск шагьаралда тӀобитӀараб гIелмиябгун практикияб конференциялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул регионал церетӀезариялъул отделалъул нухмалъулев Надирбегов АхӀмадги.

Пятигорскиялъул мажгиталда тӀобитӀана ««Российский ислам как ресурс укрепления традиционных российских ценностей» абураб цIаралда гъоркь конференция. Гьеб гӀуцӀун букӀана Ставрополь краялъул Динияб идараялъ ва исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе ва лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъ.

Дагъистаналъул муфтияталъул рахъалдасан кIалъарав Надирбегов АхӀмадица, саламалъулаб хитӀаб гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан. Цинги бицана лъай бугел имамзаби куцаялъул, гӀолилалгун хӀалтӀиялъул ва Северияб Кавказалъул Диниял идарабазул цолъиялъул бугеб кӀваралъул хIакъалъулъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...