Аслияб гьумералде

Почалде щвана

Почалде щвана

Почалде щвана

ДРялъул муфтияталъул гIелму-лъай тIибитIизабулеб отделалъул Хьаргаби районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Шамил ХIажиевги, ГIасаса шайих ГIабдурахIман-хIажиясул цIаралда бугеб мадрасалъул нухмалъулев МухIамммадгIарип ХIасановги, ГIабдулхIамид Ибрагьимовги ва ДИУялъул аспирант ХIабиб ГIусмановги щвана Хьаргаби бугеб почалъул отделениялде.

Гьелъул хIалтIухъабазулгун гьабуна гара-чIвари ва бицана тIаде гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьезе кколеблъиялъул.

«Аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда буго, Аллагьасда церечIараб къоялъ лъималаз рихьизарулин эбел-эмен ва абулин гьез жидеда малъичIин абун. Гьединлъидал нилъеца, кинаб хIалалда ругониги, лъималазе кьолеб тарбиялъул кутакаб кIвар гьабизе ккола», - ян абуна Ш. ХIажиевас.

ГI. Ибрагьимовас бицана инсанасул рукIунел гIамал-хасиятазул хIакъалъулъ ва абуна дунялалда гьарулел гIадатиял гIамалал, ният халгьабун, ахираталда пайда щолеллъун лъугьунин. Гьединлъидал сундулъго лъикIаб ният букIине рекъараб бугин абун.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....