Аслияб гьумералде

Конкурсалъул хIасилал гьаруна

Конкурсалъул хIасилал гьаруна

Конкурсалъул хIасилал гьаруна

Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул редакциялда тIобитIана «МархIаба, Рамадан» абураб къецалъул хIасилал гьариялъул ва бергьаразе сайгъатал кьеялъул тадбир.

Рамазан моцIалъул хIурма-талда, росабазул школазул цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIун букIана, бищун лъикI кечI рикIкIиналъул рахъалъ къец.

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул рехсараб районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ХIабибулла МухIаммадовас ва газеталъул редактор ПатIимат МухIаммадовалъ бергьаразе кьуна сайгъатал ва Баркалаялъул кагътал. 

Гьединго цIалдохъабазда баркана ва гьезие лъикIабщинаб гьарана райадминистрациялъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Карим Будуновасги.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...