Аслияб гьумералде

Республикаялъулаб къецалъул хIасилал

Республикаялъулаб къецалъул хIасилал

Республикаялъулаб къецалъул хIасилал

ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялда тIобитIана рухIияб лъай кьеялъул идарабазда цIалулел гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб республикаялъулаб къецалъул хIасилал гьариялъулаб тадбир.

Гьеб ишалъул квербакъараллъун ккола Дагъистаналъул гуманитарияб институт ва цебехун рехсараб министерство.

Гьелда цебе щибаб цIалул идараялда тIоритIун рукIана гьединалго къецал ва министерствоялда тIобитIаралда гIахьаллъана финалалде рорчIарал.

Къецалъул гIахьалчагIаз бихьизабизе кколаан терроризмалде данде къеркьеялъул, РФялъул законал ва тIолалго динал лъаялъул рахъалъ жидерго бугеб лъай.

Гьелъул хIасилалда тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана МухIаммд ГIабдулаев (Унсоколо росдал мадраса), кIиабилеб бакI щвана ХIасан Нажмудиновасе (ДИУ), лъабабилеб бакI - Ислам ЖахIбаровасе (Хасавюрталда бугеб исламияб университет).

Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал ва шапакъатал.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...