Аслияб гьумералде

Гъанкъулев вукIарав хвасар гьавуна

Гъанкъулев вукIарав хвасар гьавуна

Гъанкъулев вукIарав хвасар гьавуна

Хасавюрт районалъул ЦIияб Сасикь росдал школалъул анкьабилеб классалъул цIалдохъан МухIаммад-ГIариф ХIажиевас хвасар гьавуна лъелъ гъанкъулев вукIарав гьитIинав вас.

«Дун унев вукIана дарсазде. Пуланаб нахдасан ине кколев вукIарав дун, щаялиго, батIияб нухде сверана. Цо заманалдасан рихьана лъимал ва гьез ахIи балеб букIана. Балагьидал, цояс ккун вугоан цогидав вас, амма гьесул къуват гIолеб букIинчIо гьев лъелъа къватIиве вахъизе. Дида ккана гьел цо кинаб бугониги хIай гьабулел ратилин абун», - ян бицана МухIаммад-ГIарифица.

АскIове щведал баянлъана кинабго ва сундухъго балагьичIого МухIаммад-ГIариф лъелъе кIанцIана. Кквезе щвана гьитIинав вас ва хIалицаго вахъана къватIиве.

«Дица гьев къватIиве вахъидал гьес хIухьел цIалеб букIинчIо. Цинги дица гьесул каранде тIаде цуна ва гьесул кIалдиса къватIибе бурун бачIана лъим. Хадуб дица гьев, гьуърал хIалтIизе рукIине, хьибилалда вегизавуна. Гьеб мехалда гьес бералги рагьана», - ян бицана гьитIинав бахIарчияс.

Гьеб иш бихьана аскIосан унев вукIарасда ва гьес хехго лъимер больницаялде хъамуна.

ПалхIасил, МухIаммад-ГIарифил таваккалаб ишалдалъун лъабго сон барав ГIабдулкъадир чIаго хутIана.

13 сон барав МухIаммад-ГIариф ХIажиев ккола ккола Агул районалъул Рича росулъа. Школалъул цIалиялдаго цадахъ гьес рекIехъе лъазабулеб буго Къуръанги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...