Аслияб гьумералде

ДГИялъул лекторас цӀунана докторлъиялъул диссертация

ДГИялъул лекторас цӀунана докторлъиялъул диссертация

Болгариялъул исламияб академиялда тӀобитӀана исламиял гӀелмабазул докторлъиялъул даражаялъе диссертациял цӀуниялъул тадбир. Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул кӀудияв преподаватель МухӀамад Шагьрудиновасги бергьенлъиялда цӀунана диссертация ва гьесие кьуна исламиял гӀелмабазул доктор абураб цӀар. Гьесул цӀех-рехалъул тема букӀана «Богословско-правовой анализ современного российского фетвотворчества» абураб. Гьесул нухмалъулевлъун вукӀана Болгариялъул Исламияб академиялъул исламиял гӀелмабазул доктор ва диниялгун гуманитариял дисциплинабазул кафедраялъул доцент аль-ГIасри Саиф ГӀали.

Гьеб цӀех-рехалъул кIвар буголъи хурхараб букӀана Россиялда бусурбабазул къадар гӀемерго цӀикӀкӀиналда, гьелдаго цадахъ улкаялъул исламияб жамгӀияталда теологиялъулгун юридикиял интерпретациязул къадар гӀатӀилъулеб букӀиналда. Гьел ишаз рагьизе бегьула батӀи-батӀиял багъа-башариязда гьоркьор теологиялги жамгӀиялги бахӀсал, гьединго, цогидал диназул вакилзабазда гьоркьоб бичӀчӀунгутӀи лъугIизабиялъе гьабула квербакъи.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...