Аслияб гьумералде

Муфти дандчӀвана республикаялъул бетӀерасул ва хӀукуматалъул администрациялъул нухмалъулевгун

Муфти дандчӀвана республикаялъул бетӀерасул ва хӀукуматалъул администрациялъул нухмалъулевгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана ДРялъул бетӀер Сергей Меликовасул рахъалдасан муфтияталде вачӀарав ДРялъул бетӀерасул ва хӀукуматалъул администрациялъул нухмалъулев МахӀач ГӀумаровгун.

Гьез бицана гьарурал ва гьарулел ругел хIалтIабазул, муфтияталъулгун хӀукуматалъул идарабазул цадахъал ишаздалъун гӀумруялде рахъинарулел ругел проектазул. Бицана халкъалъе социалияб кумек гьабиялъул ва рахӀмуялъулал ишал церетӀезариялъул, къварилъиялда ругезе гьабулеб бугеб квербакъиялъул хIакъалъулъ.

КIвар кьуна гӀолилазда гьоркьоб экстремистияб ва террористияб идеология тӀибитӀичӀого букӀиналъе гьарулел тадбираздеги.

ТӀадчӀей гьабуна лъай кьеялъул хӀаракатчилъи гӀатӀид гьабизе ккеялда, гӀолилазулгун гьоркьоблъи цIуниялъул бугеб кӀваралда.

Ахиралдаги гьез къотӀи гьабуна цадахъ рекъон гьабулеб хӀалтӀи жеги щула гьабизе ва гӀолеб гIел квешал ишаздаса цӀуниялъул мурадалда гьарулел профилактикиял хIалтIабазде асар цӀикӀкӀинабизе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...