Аслияб гьумералде

Къуръан цIалулелгун дандчIвана

Къуръан цIалулелгун дандчIвана

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана хирияб Къуръан цIали камил гьабиялъул рахъалъ курсал лъугIизарурал диниял хIаракатчагIигун.

КIиго анкьалъулал гьел курсал диниял хIаракатчагIаз лъугIизаруна дунялалдаго машгьурав хIафиз Маъмун Ар-Равийил нухмалъиялда гъоркь. Гьес муфтиясе баркала загьир гьабуна, ахираб анкьго соналда жаниб республикаялда гьединал курсал гIуцIизе бахъараб хIаракаталъухъ.  Гьаб нухалда курсал лъугIизаруна 30 чияс.

 

 

Бакълъухъ хIасилал гьаруна

Гъоркьа Бакълъухъ росдал, МухIаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалда, хIасилал гьаруна 2022-2023 цIалул соналъул бащдаб лъагIалида жаниб жидецаго гьарурал хIалтIабазда бан. 

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель МахIмуд Думалаевас, районалда бугеб лъай камил гьабиялъул отделалъул нухмалъулев ХIабибула МухIаммадовас, росдал имам ГIизудин ГьитIиножоевас, мадрасалъул директор Зикрула СагIадуевас, ГIасаб росдал мадрасалъул директор МухIаммаднур Къурбановас ва цогидазги.

Гьениб лъикIал къиматазда цIалулезе кьуна грамотаби ва батIи-батIиял сайгъатал.

 

 

Лаваша районалъул жамагIаталъул мажлис

СагIид-афандиясул цIаралда, Каспийск шагьаралда бугеб мажгиталда, тIобитIана Лаваша районалъул жамагIаталъул мажлис. Гьеб тIобитIиялъе квербакъи гьабуна Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Шамил БахIандгIалиевас ва Лаваша районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад ХIамзатовас. 

Мажлис байбихьана хирияб Къуръаналдаса аятал цIалиялдалъун.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас, муфтиясул кумекчагIи МухIаммадрасул СагIадуевасгун ГIабдулла-хIажи Хидирбековас, Лаваша районалъул бетIер Шамил Дабищевас ва цогидазги.

Мажлисалда кIалъана машгьурав гIалим Маъмун Халил ар-Равийги. ВагIза-насихIаталгун цере рахъараз бицана щивав чияс тIабигIат-гIамал берцин гьабизе ккеялъул, лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул, гIалимзабазул нухдасан ине хIаракат бахъизе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ. Гьединго бицана вацлъи цIуниялъул, тIаде гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъги. 

Гьениб можоро рехана гIумраялде ине бокьаразда гьоркьобги. Кинабниги букIана лъабго путевка. Бергьаразе кьолеб путевкабазул кIигоялъухъ гьеб мажлисалдаго гIарац кьуна Каспийск шагьаралъул нухмалъулевлъун гIемерал соназ хIалтIарав Жамалудин ГIумаровас. Лъабабилеб путевкаялъухъ гIарац кьурас жиндирго цIар балъго гьабуна. 

Районалъул бетIер Шамил Дабищевасул квербакъиялдалъун, мажлисалде рачIарал кваназеги гьаруна.

 

 

Цо ватIаналъул лъимал

Гъизляр районалъул Аверьяновка ва Ефимовка росабазул школазде щвана муфтияталъул лъай тIибитIизабиялъул районалда бугеб отделалъул хIалтIухъаби. Гьез 9-11-абилел классазул цIалдохъабазе бицана бусурбанчияс кин гIумру гьабизе ва кинаб бербалагьи цоцаздехун гьабизе кколебали.

Гьеб дандеруссиналда гIахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул хIалтIухъан В. Костина, Гъизляр районалда лъай тIибитIизабиялъул отделалъул нухмалъулев М. Хизриев ва цогидалги. 

КIалъазе рахъараз бицана, диналъухъ ва миллаталъухъ балагьичIого, гIасрабаз дагъистанияз цадахъ рекъон гIумру-яшав гьабулеб букIараблъиялъул. 

«Дагъистаналда гьеб рахъалъ киданиги букIинчIо бичIчIунгутIи ва дагIба-къец. Жакъаги нилъ рукIине ккола умумузул нухдасан унеллъун ва ватIаналъе ритIухъаллъун», - ян бицана М. Хизриевас. 

 

 

 

Дагъистаналъул муфтияталда – гидал

ЦерегIан къоязда муфтияталде щвана батIи-батIиял бакIаздаса гидал. Гьезда дандчIвай гьабуна югалъулаб округалда вугев вакил ХIусен ХIажиевас.

Гьес бицана гидазул хIалтIул бугеб кIваралъул, гьалбадерица, тIоцебесеб иргаялда, гьезухъ балагьун нилъее къимат кьолеблъиялъул хIакъалъулъ.

«Нуж ккола гьалбадеридаги республикаялда гIумру гьабун ругездаги гьоркьор ругел вакилзаби. Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола нилъер ватIаналъул лъикIалщинал рахъал гьезие загьир гьаризе», - ян абуна гьес. 

 

 

Районазда гьоркьосел къецал

Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул хIурматалда, Агъвали тIобитIана мини-футболалъул рахъалъ къецал.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Болъихъ, ЦIунтIа, Гумбет, ГIахьвахъ районазул ва БежтIа участокалъул командабаз.

ХIалуцарал къецаздаса хадуб тIоцебесеб бакI ккуна ва меседил медалалъе мустахIикълъана «Ново-Саситли» команда. КIиабилеб бакI ва гIарцул медаль щвана «Ботлих» командаялъе. Лъабабилеб бакIалъе ва мазгарул медалалъе мустахIикълъана «Цумада 1» команда.

 

 

 

Теннис хIаялъул турнир

Гумбет районалъул гIолилазул гIуцIиялъул хIаракаталдалъун тIобитIана студентазда гьоркьоб столалда теннис хIаялъул рахъалъ къецал.  Гьелда цебе студентазде хитIаб гьабун кIалъана гIалимзаби ва диниял хIаракатчагIи.

Къецазул хIасилал гьаридал, тIоцебесеб бакI щвана Килалъа АхIмад МухIаммадовасе. КIиабилеб бакI – МелъелтIаса ХIусен ГIазизовасе ва лъабабилеб бакI ккуна Аргъваниса МухIаммад Халидовас. 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...