Аслияб гьумералде

«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъ байбихьун буго Маккаялда къварилъиялда ругел гӀадамазе садакъаде бикьизе къурбан хъвезе бокьаразул гӀарзаби къабул гьаризе. Фондалъ тӀубазабизе бугин тӀолабго иш: къурбаналъе хъвезе хӀайван боси, шаргӀалъул къануназда рекъон гӀид тӀубай ва Маккаялда къварилъиялда ругезе гьан бикьи.

Къурбаналъулги, Маккаялда гьарулел цогидал рахӀму-цӀобалъул гӀамалазулго гӀадин, хасаб рухӀияб къимат буго. Аллагьасул баркаталдалъун гьединаб къурбаналъухъ щолеб кири 100 азарго нухалъ цӀикӀкӀинабизе ресги буго.

Къурбан хъвазелъун гӀарза кьезе бегьула «Инсан» фондалъул филиалазул офисазде яги - 8 909 480 88 88 номералде ахӀун (гьеб номерги бухьараб букӀуна WhatsApp ва Max сайтазда).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...