Аслияб гьумералде

Хунзахъ

Хунзахъ

Августалъул ахиралда Хунзахъ росдал вакилзаби щвана ЧIикIаре, СагIидафандиясул (къ. с.) зияраталде. Гьезда гьоркьор рукIана Хунзахъ росдал имам МухIаммад ГIабдулхаликъов, «Хунзахъ районалъул гIолилал» гIуцIиялъул нухмалъулев Сайпула Шамхалов, Абулмуслим шайихасул цIаралда бугеб мадрасалъул директор МухIаммад МухIаммадов ва цогидалги. Зияраталда аскIоб бугеб мажгиталда цоги нухалда ракIалде щвезавуна накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар СагIид-афанди, гьадинал тадбиразул бугеб кIвар ва исламияб диналъ гIицIго гьудуллъивацлъиялде ахIулел рукIин. Гьелдаса хадуб гьел щвана ТIасияб Гъазданущиб росдал хабзалалъ рукъун ругел шайихзабазул ва гIалимзабазул зияратазде. ТIадегIанав Аллагьас къабул гьареги гьезул зияратги гьарурал лъикIал гIамалалги.

ХЬАРГАБИ

Районалда тIобитIана «Лъимал школалде хIадур гьаре» абураб акция. Гьениб бугеб «Инсан» гурхIелрахIмуялъул фондалъул вакиллъиялъ лъималазе сайгъат гьабуна берцинаб байрам. Хьаргаби росдал мажгиталъул азбаралда тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана районалъул имамазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаев, «Инсан» фондалъул районалда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев ХIасанхIусен Хадаев, росабазул имамзаби, гIолилазул гIуцIиялъул вакилзаби ва цогидалги. Унго-унгояб берцинаб байрамлъун лъугьараб гьеб тадбиралда тIоритIана батIи-батIиял хIаял, къецал, викторинаби.

ТIадегIанаб даражаялда акция тIобитIизе квербакъана «Канцелярский мир» тукадул хважаинас. Гьес лъималазе сайгъат гьабуна цIалул алатал жанир ругеб 60 комплект. Гьединго кумекалъулаб квер бегьана Дагъистаналъул Руччабазул союзалъги – битIун бачIана цIалул алатал жанир ругеб 10 комплект. Лъимал рохизари, гьезул ракIазухъе рокьул кьо лъезе бажари - гьебги ккола гурхIел-рахIмуялъул аслияблъун. Лъималазул разиял гьурмалги аваданаб релъи-хъуйги – гьеле акциялъул хIасил. Гьединал тадбирал гьаризе квербакъаразе кIудияб кири буго Аллагьасул рахъалдасанги. Биччанте гьезухъе жидецаго гьабураб лъикIлъи чанго нухалъ цIикIкIараб къадаралда тIадбуссине

ЧIИКIАБ

Муфтиясул кумекчи Надирбегов АхIмад ва муфтияталъул централияб округалда вугев вакил ГIумарасхIаб АрслангIалиев щвана ЧIикIаб росулъе. Гьениб муфтиясул кумекчи Надирбегов АхIмадица жамагIаталда бицана, муфтияталъул хIукмуялда рекъон, росдал имамлъун тасдикъ гьавунин ГIабдула-хIажи Ацаев. А. Надирбеговас баркала загьир гьабуна гьанжелъизегIан имамасул ишал тIуразарурав Муслим ЯхIияевасе ва цIияв имамасе гьарана хIалтIулъ икъбал.

ГЪИЗИЛЮРТ

Гъизилюрт шагьаралда ва районалда «Инсан» фондалъ, «Гъизилюрталъул гIолилал» абураб гIуцIиялда цадахъ тIобитIана «Продукты в каждый дом» абураб акция. 200-ялдаса цIикIкIун нигIматазул къвачIа щвезабуна «Инсан» фондалъул сияхIалде росарал мискинал хъизамазе.

ШАМИЛ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатов щвана Бакълъухъ росулъе. Гьев дандчIвана жамагIатгун. Гьелдаса хадуб росдал имам ГIизудин ГьитIиножоевгун ва росдал бегавул МухIаммад ХIажиевгун цадахъ щвана росдал мадрасалде ва дандчIвана мутагIизабигун. Гьениб районалъул имамас бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Гьединго гьев щвана ЗанатIа росулъеги ва дандчIвана росдал имам МухIаммад ХIажиевгун. Гьел щвана росулъ балеб бугеб цIияб мажгит бихьизеги.

ЦIУНТIА

Районалъул администрациялъги «Инсан» фондалъги тIобитIана «Собери детей в школу» абураб акция. Гьелда рекъон мискинал хъизамаздаса лъималазе гьабуна кумек, гьезие росана школалде унелъул хIажатабщинаб. Масала, нусго лъимадуе росана портфелал ва канцеляралъул тIагIел-алат. Гьеб акциялда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер АхIмад ХIамзатовас, фондалъул районалда бугеб отделалъул вакил АхIмад Рамазановас, имамзабазул советалъул председатель ХIамзат МухIаммадзамировас, районалъул прокурор Багьавудин ХIажиэминовас, руччабазул советалъул нухмалъулей ГIашура Идрисовналъ, полициялъул начальник Шамил ХIасанхIажиевас ва цогидазги.

ЧIАРАДА

Лъималазулъ гьитIинго гурхIел-рахIму, гIагаразул ургъел гьаби, жавабчилъи гIадинал хасиятазе кьучI лъей ва гьел гIумруялда жанир цIуни ккола тарбия кьеялъул аслулъун. 1 сентябралда, ЦIуриб росдал школалъ тIоцебесеб нухалда гIахьаллъи гьабуна ТIолгороссиялъул «Дети вместо цветов» абураб акциялда. Акциялъул мурад ккола, классалъ учителасе тIогьол квацIи сайгъат гьаби ва тIугьдул ричун тIокIлъараб гIарац кьезе «Инсан» гурхIел-рахIмуялъул фондалъ кумек гьабизе тIаде росарал, гIадатияб школалда цIализе рес гьечIел лъимал-инвалидазе.

Акциялда гIахьаллъи гьабуна учительзабаз, умумуз ва школалъул цIалдохъабаз. «Инсан» фондалъ кIудияб баркала кьолеб буго ЦIуриб росдал школалъул директор Ярбилова Аминатие, учительзабазул коллективалъе, умумузул комитеталъе ва киналго цIалдохъабазе гьеб кири кIудияб хIалтIулъ гьабураб гIахьаллъиялъухъ. Гьел «тIокIал» лъималазул гьурмада бижараб гьимиялъухъ, гьезул талихIалъухъ ва хьулазухъ цоги нухалъ баркала.

КАЗБЕК

Гьал къоязда Казбек районалъул гIолилазул вакил МухIаммад МухIаммадов ва ГIаркьухъ росдал куратор МухIаммад Мусаев щвана ГIаркьухъ росдал гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб чIорбутI речIчIиялъул рахъалъ къецазде. Гьединал тадбираз кумек гьабула росдал гIолилал цолъиялъе. Жидерго гьабулеб хIалтIухъ балагьичIого, росдал гIолилаз ва гьединго чIахIияз гIахьаллъи гьабула тIоритIулел тадбиразда, гьеб буго мисаллъун цогидазеги. Гьединго МухIаммадилгун дандрана росдал кIвар бугел масъалабиги.

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


УФСИНалъулазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIилов дандчIвана Россиялъул УФСИНалъул ДРялда бугеб идараялъулгун гьоркьорлъаби гьарулеб муфтияталъул вакил МухIаммад Къурбандибировгун ва УФСИНалъул начальникасул кумекчи  Шамил Хъарагищиевгун. Гьединго данделъиялда гӀахьаллъана рухӀиябгун тарбия...


РакI - инсанасул рагъул майдан

Исламалда тарбия кьеялъул бищунго кIвар бугел масъалабазул цояб ккола рекIел ургъел гьаби. РакIалъ чIезабула Аллагьасда цебе лагъасул хIакъикъияб хIал, гьесул къасдал, ракIбацIцIалъи, цогидаздехун ва жидерго БетIергьанасдехун бугеб бербалагьи. Инсанасул къватIисел ишал ккола гIицIго жаниб бугеб...


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


РухIияб бечелъи магIишаталда бараб гьечIо

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасе кьураб бищун кIудияб къиматаб нигIмат буго гIакълу. Гьебги ккола лъикIалда лъикIабинги, квешалда квешабинги абун, лъикIаб ккун, квешаб тун гIумру тIами. ГIакълу гьечIесда гьеб кIиябго батIа бахъизе лъаларо, гьелъул гIаксалда, квешаб лъикIабин ва лъикIаб квешаб батилан...