Аслияб гьумералде

Хириял ракьал

Хириял ракьал

Маккаялде лъугьин

Маккаялде гIагарлъидал суннатаб буго гьал хадур рехсарал адабал цIунизе.

  1. Маккаялде лъугьине лъикIаб буго ГIарафаялда чIезе иналде цеве. Цин гьенивги рещтIун хадув ина ГIарафаялде.
  2. Суннатаб буго черх чуризе «Зи ТIува» абулеб гъуялда аскIоб. Аварагасги r гьеб гъуялъул лъиналдалъун чурулеб букIана черх шагьаралде лъугьиналде.
  3. Жаниве лъугьинеги лъикIаб буго «Кадаалъул» рахъалдасан.
  4. Суннатаб буго хехго ине «тIавафул къудум» гьабизеги, ай Маккаялде щведал.
  5. Масжидул хIарамалде лъугьинеги суннатаб буго «Бани Шайбат» абулеб нуцIихъан. КагIба бихьидал, квералги рорхун, цIализе лъикIаб буго бихьизабураб дугIаги.

Аварагасул Равзаялде зиярат гьаби

  1. Киналниги асхIабзабиги, табигIиналги, имамзабиги тIадрекъон руго Аварагасул хабаде зиярат гьаби суннатаб букIиналда.
  2. ХIежалде унев чиясул къасд букIине ккола Аварагасул мажгиталдеги, гьединго, хабадеги зиярат гьабизе ине. Суннатаб буго черх чуризе зияраталъ иналде цебе, хIатта рес батани, Мадинаялде лъугьиналдеги лъикIаб буго черх чуризе. Равзаялде аскIор щведал, Къилбаялде мугъги рехун вуссина Аварагасул r хобалдехун, цинги гIодобе биччараб гьаркьидалъун салам кьела Аварагасе , хадуб Абубакар-асхIабасе, цинги ГIумарасхIабасе. Гьелдаса хадуб хобалдеги вуссун дугIаги гьабила.
  3. Мадинаялда вугеб заманалда хIаракат бахъила киналго какал Аварагасул мажгиталда разе.

ХIАЖИ ГIАЛИЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...