Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» гьудулзаби

«Ас-саламалъул» гьудулзаби

 

ЛъаратIа районалдаса Исрафил, 1984 соналдаса нахъе гIумру гьабун вуго Бабаюрталъул зонаялда бугеб хъутаналда. 

 

 

 

 

Гьабуна вехьлъиги, лъугIизабуна Ставропалалъул техникумги, хIалтIана МВДялъул мухъилъги. Гьанже вуго мустахIикъаб хIалхьиялда. Гьес тIубазабула будунасда тIадал ишалги. 

 

- Исрафил, «Ас-салам» казияталъулгун кинха ккараб лъай-хъвай?

- Гьелъие подписка гьабеян рачIарал гIадамазул кумекалдалъун ккана лъай-хъвай. «А-салам» буго дун гIадинал чагIазе чара гьечIого къваригIунеб басма. Гьеб батана дида мугIалимги мутагIилги.  Инсанасе хIажатаб гIемераб жо лъала гьеб цIалидал.  Дир буго тетрадь, гIадатияб заманалда хIажалъулеб суал батидал казияталъул номерги гьеб масъалаги хъвалеб. КъваригIел ккедал тетрадалде ваккун балагьула цинги казияталдаса цIализеги цIалула.  Цо-цояз абулеб рагIула кир лъелел лъаларого рукIунин казиятал рокъорин. Дица кидаго абула кIудияб бакI кколел жал гурин гьел. Гьале дица щибаб номер данде гьабун, тIахьал гIадин дандеги къан гIуцIун буго архив. Гьаниб буго казияталъул  кIиабилеб номералдаса жакъасеб къоялде  щвезегIан къватIибе бачIараб казият.

Подписка гьабуразухъе гьеб рокъо-рокъобеги щвазабула дица. ХIаракат бахъула кватIизе течIого щвезабизеги.

 

- МВДялъул мухъилъ чан соналъ хIалтIарав?

- 13 соналъ. ГIурхъи цIунулеб бакIалда вукIана. Гьениб хIалтIулебгIан заманалда анлъго чиясда как базеги малъана.

 

- Бусурбабазе щибха гьарилеб?

 - Гьарила диналъулъ бичIчIи кьегиян. Ахираб заманалда гIадамал хехго ццим бахъунеллъун руго. Гьединлъидал, гьарула киназего сабру ва щулияб иман.

 

 

 

 

Качалай росдал будун ХIажимурад ккола БежтIа росулъа. Гьев гьавуна 1962 соналда. Бабаюрталъул зонаялда бугеб хъутаналде гьев гочана армиялдаса вуссиндал, 1982 соналъ. ЛъугIизабуна Сухокумскаялъул автошкола ва хIалтIана батIи-батIиял идарабазда.

 

 

 

 

- ХIажимурад, диналъулгун хурхен кин ккараб?

- Вац сабаблъун кканин абизе бегьула. Гьев вукIана лъабго нухалда хIежалде арав чи. Гьебгиха доб заманалдаго. Цебеги будунлъун вукIана дун. Гьоркьоса тун букIана ва гьале цIидасанги гьебго ишалде тIаделъун вугоха. «Ас-саламги» цIалула ва гьениб гIемераб пайдаяб жоги батула. РакIалда чIараб цогидазеги бицуна. Чанго соназ рачIарал данде гьарун гIуцIараб кIудияб тIехьги буго казиятазул.

- Бусурбабазе щиб гьарилеб?

- Гьарила рекъел ва талихIаб гIумру. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лъикIаздаса лъикIал нигIматалги кьун хьихьаги нилъ. Эбел-инсул къимат гьабизе тавпикъ кьеги щивасе.

 

 

ХIадур гьабуна Шамил МухIаммадовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...