Аслияб гьумералде

СВОялда дронал къачIалев

СВОялда дронал къачIалев

Щивав чи уна жинди-жиндир нухдасан. Цоязе гьеб букIуна парахатаб, цогидазе захIматаб. Жакъа нижеца гара-чIвари гьабулев чи ккола сержант Насиб ЗайнулгIабидов. Гьев гьавуна ва гIуна ЦIияб ЧIикIаб росулъ. Гьесие щвана бакIал ралесул махщел. Амма гьес тIаса бищана рагъулаб хъулухъ. ГIахьаллъана СВОялда, вукIана захIматго лъукъун. Гьел киналго захIмалъабазухъ балагьичIого, гьес жакъаги тIубазабулеб буго тIадаб борч.

 

- Насиб, кин байбихьараб дур рагъулаб хъулухъ?

- Университет лъугIидал дун армиялде ахIана. Хъулухъ гьабуна Москва областалда, Ногинск-9 абулеб бакIалда. Цинги витIана Дальний Востокалде, Находка шагьаралде. Рокъове вуссиндал хIукму гьабуна контракталда рекъон хъулухъ халат бахъинабизе. ТIоцебе Абхазиялда хъулухъ гьабуна лъабго моцIалъ. Цинги гьениса витIана Гъарачай-Черкес республикаялде. Гьанже 12 сон буго дица гьениб хъулухъ гьабулеб бугелдаса.

 

- СВО байбихьулеб заманалда мун кив вукIарав?

- 2022 соналъул февралалда ниж Херсон областалде ритIана.

ТIоцересел къоял рукIана цIакъ захIматал. Кьвагьа-гIанхъи букIана киса-кибего. Амма нижеца бугеб ахIвал-хIалалда рекъон хIалтIи гьабуна.

 

- Кин мун лъукъарав?

- Гьеб ккана ракетаби кьвагьулеб мехалда. Дида ракета бихьана ва вахчизе векерана, амма санагIалъи ккечIо. Бахъана кьвагьи. Гьалмагъзабаз кумек гьабуна ва госпитаталде витIана. Гьезул кумекалдалъун чIаго хутIанин абизе бегьила.

- КигIан заман бараб больницабазда?

- Бащдаб лъагIелалъ больницаялда вукIана дун. ТIоцебесеб ункъо моцIалъ дида тIаде вахъине кIвечIо. Цинги, дагь-дагьккун вахъана ва цIидасан хьвадизе ругьунлъана. ЗахIматаб заман букIана, амма Аллагьасе ﷻ рецц буго, жакъа къоялъ квеш гьечIо.

- Сахлъун хадубги рагъулаб хъулухъалде тIадвуссун вугоха мун…

- Дун ругьунлъана дронал къачIазе. Гьеб кIвар бугеб хIалтIи ккола. Дроназ кумек гьабула хасал тIадкъаял тIуразе. Цо моцIида жаниб гьеб махщел камил гьабуна дица.

 

 

 

 

 

 

 

 

- Рагъулаб хъулухъ тезе рес букIанищ?

- БукIана, амма дица хIукму гьабуна гьеб ишалдаго чIезе. Дир кIудияв эмен вукIана рагъда. Дир хъизамалъул чIахIиялги рагъулаб хъулухъалда ругел чагIи рукIана. Гьединлъидал дица рикIкIуна ватIаналъе хъулухъ гьаби тIадаб налъилъун.

- ЗахIматаб заманалда сунца кумек гьабураб?

- Исламияб диналъ. ЗахIматаб заманалдаги инсан живго вукIунаро, гьесда цадахъ Аллагь вукIуна. Цо нухалъ, рамазан моцIалъ кIал биччазе заман щведал, лъимцин букIинчIо. Цинги вачIун цо чияс дун вачана хинаб квен бугеб бакIалде. Дица кIалги биччана. Гьеб дида киданиги кIоченаро. Инсанасе хъвараб ризкъи, кив гьев вугониги, щола.

- Пачалихъиял шапакъатал щванищ дуе?

- Дун мустахIикълъана Суворовасул, Жуковасул, БахIар-чилъиялъухъ медалазе. Дие гьел ккола дидаго бихьараб ракIалде щвезарулел шапакъаталлъун.

 

- Щиб гьаризе бокьилеб газета цIалулезе?

- Киназего гьарула сахлъи, сабру, рекъел. ГIолилазда абила эбел-инсулги гIагарлъиялъулги ургъел гьабейин. ГIумруялъул щибаб къоялъул къимат гьабейин. Бищунго аслияб жо, ракълида ва гьудуллъиялда хутIаги киналго.

 

Гара-чIвари гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...