ГIумарица ислам босидал Аварагас ﷺ такбир бачана
ГIумарица ислам босидал Аварагас ﷺ такбир бачана
ГIумар-асхIабасул хIакъа-лъулъ баян тIалаб гьабун ниж щвана Дагогниялда бугеб мадрасаялъул нухмалъулев, шаргIиял гIелмабазул доктор МухIаммадгIариф Рамазановасухъе.
- Щив чи кколев ГIумар-асхIаб?
ГIумар-асхIаб ккола кинабниги гIаламалъе жив рахIматлъун витIарав, жив киналниги аварагзабазул сайидлъун вугев, МухIаммад аварагасул ﷺ кIиабилев халифа. Гьев ккола аварагасул жидеда алхулафауррашидунайилан абулел ункъо халифасул цоявги. Гьединго Аллагьас ﷻ дунялалда тIад бижараб кинабго халкъалъул аварагзабаздаса хадуб бищун лъикIав кIиабилевги. Гьединго дунялалда чIаго рукIаго жидеда алжаналъул рохел бицарав 10 асхIабасулги цоявги.
– Кида гьев гьавурав?
ГIумар-асхIаб гьавуна пилалъул соналда хадуб, ай Авараг ﷺ гьавун 13-абилеб соналъ. Гьев ккола къурайшиязул ашрафаздасан. Гьев гIуна бечелъи-гIатIилъи лъалареб, къваридаб бетIербахъиялъулъ.
– Жагьилияб заманалда кинав чи вукIарав ГIумар-асхIаб?
Жагьилияб заманалда гьев вукIана гIадамал жиндихъе кIанцIулев, гьезда гьоркьоб дагIба-къец ккараб мехалъ, гьезие гIадлуялдалъун хIукму гьабулев, тIабигIат, къадру бацIцIадав, жинда аманат гьабураб жоялъе хиянат гьабуларев, къурайшиязда гьоркьоб къимат бугев. Гьев вукIана жагьилияталъул гъварилъи, хIакъикъат, ай мушрикиназул гIадатал лъикI лъалев, ислам босидал, исламалъул берцинлъи, гьелъул хIакъикъат лъайдал, хIакъалдаги батIулалдаги, иман-куфруялдаги, гьидаят-къосиналдаги гьоркьоб бугеб кIудияб батIалъи бихьидал, ислам щулаго кколезул бищун кутакавлъун лъугьана. Аварагас гьесда Фарукъилан тIокIцIарги лъуна (хIакъалдаги батIулалдаги гьоркьоб батIалъи гьабулев).
– ГIумарица ислам къабул гьабиялъе щиб сабаб ккараб?
Гьес ислам босиялъул къиса гьадинаб ккана. Цо къоялъ къурайшиязул къокъагун цадахъ гьев вукIана Аварагасул ﷺ амруялъул хIакъалъулъ дандбалев. Гьезул цояс абуна лъица гьев МухIаммад чIвалевин абун. ГIумарица абуна жинца чIвалин. Цинги ГIумар, кутакалда багIарараб къоялъ, хвалченги босун къватIиве вахъана. Нухда гьесда дандчIвана Бану Зугьарат абулеб къавмалъул цо чи. Гьес абуна мун кивейилан. ГIумарица абуна МухIаммад чIвазейилан. Гьес абуна дуда ракIалдейищ кколеб дуца гьевги чIван, мун гьел Бану Гьашимил чагIаз чIаго телин абун? ГIумарица абуна, жинда кколеб бугила дуца дурго динги тун, МухIаммадил дин босун бугилан. Цинги гьев чияс абуна гьеб гIажаиблъи гьабизе кколеб жо гурин, гьелдаса гIажаибаб дуда лъазе бокьун батани, дуда лъан букIайин, дур яцалъ ва гьелъул росас ислам босун букIин.
Гьеб хабар ГIумарида рагIидал, кутакалда ццим бахъун гьес гьезухъе ине къасд гьабуна. ГIумар гьезухъе щведал, гьезул рокъов вукIун вуго ХIаббаб абулев асхIаб. ГIумар вачIин лъайдал, гьев рокъов вахчана. ГIумарица яцалъул нуцIида кIутIана, яцалъ ва гьелъул росас щивин цIехедал, ХатIабил ГIумар вугин абуна. Гьел рукIана рокъор Къуръаналъул аятал цIалулел. ГIумар вукIин бичIчIидал, гьез аятал хъвараб тIамач бахчана. ГIумар жаниве лъугьараб мехалъ яцалда бихьана, гьесул гьурмахъ балагьун, гьев квешаб къасдгун вачIун вукIин. Гьес цIехана щиб нужеца цIалулеб букIарабилан. Гьез цIалулел рукIун руго сурату «ТIагьаялъул» цересел аятал. ГIумарица абунила нуж нужерго динги тун, МухIаммадил диналде руссун ругин кколин жиндаян. Цинги дурц СагIидица ГIумарида абуна: «Дуда щиб кколеб, хIакъаб жо дур гуреб диналда букIун батани», - ян. Цинги ГIумар гьесда тIаде кIанцIана, гьел кIиялго цоцалъ речIчIана. ГIумар къуватав вукIиндал, гьес дурц гIодов лъуна. Гьев нахъе гьавизейилан тIаде кIанцIарай яцалда кьабана ва гьелъул гьурмадаса би бачIана. Гьеб мехалъ гьелъ абуна: «Ле, Аллагьасул тушман, дица Аллагь цо гьавиялдалъунищ (ислам босиялдалъун) дуца дида кьабулеб?» - илан. ГIумарица уйин абуна. Цинги гьелъ абуна: «Дуца бокьараб гьабе, дица нугIлъи гьабула Аллагь цо вугин, Жиндие лагълъи гьабизе кколев, МухIаммад Гьесул авараг вугин», - абун. Гьеб хабар яцалдаса рагIидал ва гьелъул гьурмада бугеб би бихьидал, гьев пашманлъана ва абуна: «Доб нужеца цIалулеб букIараб кагъат дихъе кье», - абун. Гьелъ абуна кьеларин, гьелда рацIцIадал чагIи гурони хъвазе бегьуларин. ГIумар, тIаде вахъун, чвердезе ана ва нахъвуссун вачIаравго, яцалъ доб сурату «ТIагьа» хъвараб кагъат гьесухъе кьуна. Гьес сураялъул авалалда хъвараб «Бисмиллагь» цIаларабго, хIинкъун, сородун кагъат гIодобе рехана. КIиабизеги босун ичIабилеб аяталде щвезегIан цIалана ва гьес гьикъана гьалдасайищ къурайшиял тIурулел рукIаралилан. Хадубги гьес 16-абилеб аяталде щвезегIан цIалана ва абуна гьаб цIалулев ва бичIчIулев чиясе Аллагьасдехун ширк гьабизе бегьуларилан. Жив МухIаммадихъе тIовитIейиланги абуна. Гьенив рокъов вахчун вукIарав ХIаббабида ГIумарица абураб рагIидал, вахчараб бакIалдаса къватIивеги вачIун, абуна: «Ле, ГIумар, дуе кIудияб рохел, мун воха. Дир хьул буго Аварагас ﷺ дур хIакъалъулъ гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабун батилин. Гьес гьабун букIана гьадинаб дугIа: «Я дир БетIергьан, Дуца гьаб ислам тIадегIан гьабе, Дие вокьулев кIиго чиясул цоясдалъун: я ХатIабил вас ГIумаридалъун яги ГIамр бин Гьишамидалъун (Абужагьл)».
Цинги ГIумарица Авараг ﷺ вугеб бакI тIалаб гьабидал, гьев Сафаялда аскIоб бугеб бакIалда, рокъов вугин бицана. (Дарул Аркъамилан гьеб бакIинги буго цо риваяталда). Цинги ГIумар ана гьениве. Гьениве щвараб мехалъ, нуцIида кIутIана. ГIумар вукIин лъараб мехалъ, гьесул бугеб къвакIи лъан, асхIабзабазда кIвечIо гьесие нуцIа рагьизе. Гьеб мехалъ ХIамзатица абуна виччан тейин, Аллагьасе бокьун батани гьесие лъикIаб букIине, гьес ислам босилин, гьеб гуреб бокьун батани, гьев чIвай нилъее бигьаяб жо бугин. Цинги ХIамзатица гьев Аварагасухъе вачана. Аварагас ﷺ гьесул ретIелги ккун, абуна: «Ле, ХатIабил вас, дида ккола дуца гьеб мугIараза (дандечIей) течIони, Аллагьас ﷻ дуда тIаде балагь биччачIого теларин», - абун. ГIумарица абуна: «Ле, Аллагьасул Расул, дун вачIун вуго Аллагьасдаги Гьесул Расуласдаги, мун жиндалъун вачIараб жоялдаги иман лъезе», - ян. Цинги ГIумарица шагьадат битIун ислам босана. Аварагас ва асхIабзабаз рохун такбир бачана ва гьеб Маккаялъул къватIаздасан рагIулебги букIана. Гьедин гьес ислам босун хадуб Аллагьас исламги бусурбабиги гьесдалъун хира гьаруна.
– ГIумарица ислам боси бахчунищ тараб яги тIатинейищ гьабураб?
ГIумарица ислам босидал, гьесие бокьана къурайшиязда гьеб тIатинабизе. Гьес гьикъана бищун гIадамазда гьоркьоб балъголъи цIунизе кIоларев, гьеб тIибитIизабулев чи щивилан. Пуланав чи вугин гьесда абидал, гьев чиясде аскIове ун, гьес жинца ислам босун бугин бицана. Цинги гьев чияс ахIун къурайшиязда гьоркьоб ГIумарица ислам босун букIин тIибитIизабуна. ГIумарица ислам босана зулхIижа моцIалъ, Аллагьасул Расуласе ﷺ авараглъи кьун анлъабилеб соналъ, Аварагасул ﷺ имгIал ГIабдулмутIалибил вас ХIамзатица ислам босун лъабго къоялдасан (цоги риваяталда 1 къоялдасанинги буго). Гьес ислам босараб мехалъ бусурбабазул къадар 39 чиясде бахун букIана (цо риваяталда 40 чиги 11 чIужугIаданги йикIанинги буго).
ГIабдула бин МасгIудица абуна: «ГIумарица ислам босаралдаса ниж бергьине лъугьана. Гьес ислам босизегIан нижеда кIолеб букIинчIо КагIба-рукъалда сверухъ как базе, тIаваф гьабизе. Гьес ислам босаралдаса мушрикиназ тана КагIба сверун тIаваф гьабизе ва какал разе», - ян.
– Гьес Мадинаялде кин гьабураб гьижра?
ГIумар-асхIабасе Мадинаялде тIатун гьижра гьабизе бокьана. Хвалченги чорбутIги босун, чIоралги кодор ккун ана КагIба-рукъалде аскIове. Къурайшиязул капурзаби гIодор чIун рукIаго, гьес анкьго нухалъ парахатго тIавафги гьабун, цинги Ибрагьимил макъамалда нахъа какги бан, мушрикиназде аскIовеги вачIун, абуна: «Щив чи вугониги эбелалъе жив камизе, чIужу къороллъизе, яги лъимал ятимлъизе бокьун, вачIа доб кIкIал бугеб бакIалде», - ян. ГIали-асхIабас абуна гьесда хадув цониги чи вачIинчIин абун.
– ГIумар-асхIабасул кинаб гьоркьоблъи букIараб гъазаватаздехун?
ГIумар-асхIабас гIахьаллъи гьабуна Авараг ﷺ жиндилъ гIахьаллъаралщинал гъазаватазулъ. Гьес халифалъи гьабуна 10 сонгун 6 моцIалъ. Аллагьас ﷻ гьесдалъун ислам тIадегIан гьабуна ва гьесул халифалъул заманалда гIемерисел бусурбабазул пачалихъал: Шам, ГIиракъ, Ливия, Египет, Алжазаир; шагьарал - Балх, Бухара, Самаркъанд, Румазулгун персазул шагьарал кодоре росана.
– Бичасул Аварагас ﷺ щиб абулеб букIараб ГIумар-асхIабасул хIакъалъулъ?
Гьесул хиралъаби цIакъго гIемерал руго. Аварагас ﷺ абуна жинда хадув авараг вахъине вукIаравани, гьев вукIинаанин ГIумар-асхIаб. Гьес, гьединго, абуна хIакъаб жо ГIумаргун цадахъ бугила, кив гьев вугониги. Аварагас цоги абуни: «Щив чи вугониги ГIумар-асхIаб вокьун, гьев вуго дун вокьарав чи, щив чи вугониги гьесул ццим бахъинабун, гьев вуго дир ццим бахъинабурав чи», - абун.
ГIали-асхIабас Аварагасдасан ﷺ абуна: «Нужеца цIуни гьабе ГIумар-асхIабасул ццим бахъиналдаса, щайгурелъул гьесул ццим бахъиналдалъун Аллагьасул ﷻ ццим бахъуна», - ян.
ГIумар-асхIаб цо къотIносан унеб мехалъ, гьесдаса хIинкъун шайтIан цогидаб къотIносан унаанила.
Цо сордоялъ ГIаишатица, цIвабзазухъги балагьун, Аварагасда ﷺ абунила: «РукIунищ Къиямасеб къоялъ гьал зодор ругел цIвабигIан гIемерал лъикIлъаби рукIунев чи?» - ян. Аварагас ﷺ абунила вукIунин, гьевги ГIумар-асхIаб вугин. Гьеб мехалъ ГIаишатица абунила жиндир хьул букIанила гьев жиндир эмен (Абубакр) ватилин абураб. Аварагас ﷺ абунила ГIумар-асхIаб вугин Абубакр-асхIабасул хIасанатаздасан цо хIасанат. ГIумар-асхIабасул хиралъи Абубакр-асхIабасул хиралъиялъул цо бутIа кколин абун.
Цо къоялъ ЖабрагIил малаик Аварагасухъе ﷺ рещтIараб мехалъ, ГIумар-асхIабасул хIакъалъулъ хабар ккедал, Аварагас ﷺ гьесда гьикъанила: «Я ЖабрагIил, дуца дида гьев ГIумарил хиралъаби рице», - ян. Цинги гьес абунила: «Я МухIаммад, дун дуда цадахъ НухI аварагас жиндир къавмалда жаниб барабгIан заманалъ гIодов чIаниги, гьесул хиралъабазул ва гьесие Аллагьасда аскIоб букIине бугеб карамат-кIодолъабазул бищун хIалкIоларо», - ян.
– Ункъавго халифасул хIакъалъулъ щиб абураб хирияв Аварагас ﷺ?
Аварагас ﷺ абуна жиндир асхIабзаби Аллагьас ﷻ, аварагзаби хутIизегIан, кинабго гIаламалдаса тIаса рищана ва жиндир асхIабзабаздаса ункъоялги тIаса рищанин: Абубакр, ГIумар, ГIусман, ГIали – гьездаса Аллагь разилъаги.
ТIадегIанав Аллагьас гьев ункъавго асхIаб вокьи парзлъун гьабунила, как-кIал, закагIат, хIеж парз гьабурабго гIадин. Щив чи вугониги гьезул цонигияв рихун, Аллагьас гьев чиясул я как, я кIал, я закагIат, я хIеж къабул гьабурабила.
– Гьев кин шагьидлъарав?
Алмугъира бин ШугIбат абулев асхIабасул лагълъун вугев Абу Луълуат абулев мажусиясул квералдалъун, гьижрияб 23-абилеб соналъ, зулхIижа моцIалъул арбагI къоялъул рогьалил какилъ чIван шагьидлъун хвана. Гьев гьедин шагьидлъун хвезе вукIин Аварагас ﷺ цебеккун абунги букIана ва гьединго ГIумар-асхIабас жинцаго дугIаялъулъ Аллагьасда гьарун букIана жив шагьидлъун хвезавейин абун.