Аслияб гьумералде

Сахлъи – Аллагьасул ﷻ аманат

Сахлъи – Аллагьасул ﷻ аманат

Шабагиев Мухтар ккола Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа. ЦIалана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталда. Чанго соналъ хIалтIана Буйнакск шагьаралъул центральнияб больницаялда. Ахираб 10-гIан соналъ нухмалъи гьабулеб буго ЧIикIаб росдал участкалъулаб больницаялъе.

– Мухтар, медицина тIаса бищиялъе гIилла щиб ккараб?

- Школалда цIалулеб заманалда пикру букIинчIо тохтурлъун вахъинин абураб. Дида цебе чIараб масъала букIана школа лъикIал къиматазда лъугIизаби. 1986 соналъ цо «ункъил» къиматгун лъугIана школа. Хадубккунисеб цIали гьабизе бакIалда тIад ургъулаго эбелинсуцаги гIагарлъиялъги абуна тухумалда тохтур вугони лъикI букIинин, духъа бажаризе бугин абун. Гьедин лъугьана ДГМИялде. Амма цо соналъги цIалун витIана армиялде. Медик вугин абидал, вачIинахъего тIамуна фельдшерасул хIалтIуде. Армиялда бараб кIиго соналда жаниб гъорлъе ккана фельдшерасул хIалтIуде. Институт лъугIидал хирурглъи тIаса бищана ва Буйнакскиялъул больницаялда хIалтIана чанго соналъ.

– Росулъе хIалтIизе вачIиналъе щиб гIилла ккараб?

- Цо заманалда медицинаги тун дун ван вукIана бизнесалде. Доб заман букIана пачалихъ биххулеб, хисулеб. Гьеб заманалда лъимал-хъизан хьихьизе кколин абун къватIиве вахъун вукIана. Нижер росулъ больница баралдасаго гьенив вукIана ГIумар ГIабдулаевич абун бетIерав тохтур. Гьевги херлъун, хIалтIи бажаризехъин гьечIеб заманалда ургъун руго жамагIатчагIи больница данде бачине гIолохъанчи къваригIунин абун. Цинги дида абуна гьеб хIалтIи тIаде босейилан. Медицинаги тун гьоркьоб заман ун букIиндал, бажариларин ккун букIана. Амма таваккал тIамуна ва байбихьана хIалтIизе.

– Больницаялда чан чиясе хъулухъ гьабулеб?

- Гьаб больница бана 70-абилел соназда. Байбихьуда больницаялда букIана 75 чиясе вегизе бакI. Гьанир тIуразе кколаан нижер росу гуребги, аскIор ругел Халимбекаул, Кумух, Эрпели, Экибулахъ, Ахъайтала росабиги. Байбихьуда гьаниб букIана хирургиялъул ва лъимал гьариялъул отделениял. Дагьаб хадуб гьел росабалъ рана больницаби ва нижеда тIад букIараб гьирги тIаса ана. ГьабсагIат нижер рес буго 40 чиясе хъулухъ гьабизе.

Нижерго росуги Ахъайталаялда ругелги ккола нижехъе, ай гIагашагарго 11000-гIанасев чи. Жакъа больницаялда руго киналго ресал. 100-гIанасев хIалтIухъанги вуго коллективалда. Дица гIадамазда абула, лъагIалида жаниб цо нухалъгIаги рачIайин сахлъиялъул халгьабизейилан. Терапевт, кардиолог, гинеколог ва цогидалги хIажатал тохтурзаби руго нижехъ. Гьединго руго УЗИ-аппараталги, ОМСалъул кьучIалда чIобого МРТ гьабизе ресги. Амма гьеб ахIиялъе киназго гуро жаваб гьабулеб.

– Нужеца хъулухъ гьабулел гIадамазда гьоркьор цIикIкIун дандчIвалел унтаби кинал ругел?

- Пандемия бачIиналде цебе, гьаб унти цIикIкIараб бугин абун хасаб унти букIинчIо. Цогидаздаса цIикIкIараб букIана ургьисалабазул ва рекIел унтаби. Гьаб заманалда нилъер рагъа-ракари дагь букIиналъ бугеб жо буго гьебги. Цебе гIадин хIалтIулел гьечIо ва гьелъул хIасилалда кьаралъулел ва цадахъго унтабиги цIикIкIунел руго.

– Унтабаздаса цIуниялъе кинал малъа-хъваял гьарилел?

- Гьанже тIаде бачIараб гIадаб унти дир гIумруялда жаниб букIинчIо. Цого унтиялъ гIемерав чи унтараб мех дида лъаларо. Цо заман букIана нижер больница гьеб унтуца унтараз кьабун цIураб, 60-ялдасаги цIикIкIун чи вегараб мехги букIана. ГIаммаб къагIидаялъ абуни, щивав чияс черх цIунизе ккола иммунитет загIиплъулареб къагIидаялъ. Гьеб загIиплъула квачани, ракъани, свакани ва ургъалаби гьаруни. Кванилъ хIалтIизабизе лъикIаб буго иммунитет цIикIкIинабулел нигIматал, масала, имбирь, чIегIараб мучари, къистI, Омега 3, Д витамин, цIулакьо ва гьоцIо. Хасго цIунизе ккола бахунеб унтудаса. ГIемерав чи вакIарараб данделъи лъикIаб гьечIо, маскаби ва квертIаххелал ххела. Бертабигун магIирукъзал гIуцIичIого тезе ккела. Гьеб кинабго буго нилъго цIуниялъе гьабулеб тадбир.

– Бахунеб гьаб унти щун букIин мухIканлъарав чияс щиб гьабизе рекъараб бугеб?

- Дун дандчIвала цогидал тохтурзабигун ва киназго абулеб буго унтарав чи хехго тохтурасухъе вачIаравгIан кумек гьабизе бигьа букIунин абун. Нилъер гIадамаз цин рокъоб гьабула дару ва иш захIмалъидал гурони больницаялде рачIунаро. Гьединлъидал захIматго гурони сах гьаризеги кIоларо.

– «Ас-салам» казияталъулгун бугищ гьудуллъи?

- ГьечIого бегьилищха. Гьеб нижеца хъвала. Гьелъул жавабиявги вуго нижедаго гьоркьов. Нужер редакциялъул вакил МуртазагIалиги, росдал имам ГIабдуллагь-хIажиги рачIуна нижехъе. Имамас гьарула малъахъваял, дандрала кIвар бугел суалал, гьединго гьикъула медицинаялда хурханщинал суалал.

– РагIана нужер гIадат бугин щибаб соналъ коллективалдаса цо чи хIежалде витIулеб. Бугищ гьедин?

- Нижер гьанив вугев цо шоферас загьир гьабуна гьединаб пикру. Гьес абуна нилъеца киназго 1000 гъурущ данде рехани, цо чи хIежалде ворчIулин абун. Доб букIана хIежалде ине 100 азарго гъурущ хIажалъулеб заман. Гьеб пикруялда киналго разилъана. ХIукму гьабуна, можороги бахъун, бергьарав витIизе. Аслияб мурад букIана рес гьечIезда ва жеги хIеж борхичIезда гьоркьоб можоро рехи. Гьале исана микьабилеб сон буго гьедин гьабулеб бугелдаса.

Гьелде тIадеги коллективалъ гIахьаллъи гьабула лъикIал ишазулъги. Масала, МахIачхъалаялда балеб бугеб РухIияб централда цебе коллективалъ лъабгониги гъветI чIана ва мажгиталъул тIох гьабиялда гIахьаллъиги гьабуна. Цоги, ретIел бакIарула ва гьеб щвезабула ТIаса Гъазданущиб бугеб инвалидазул рокъобе. Гьединго кумек гьабула бесдал лъималазеги.

– Больницаялда регаразе как базе санагIалъаби ругищ?

- Мунагьал чураяв дир эмен вукIана росдал хIаракатчи. Гьес абуна гьаб бакIалда аскIоб цо бакI базе лъикIин, ай гъоркь лъималазул поликлиникаги гьелда тIад как балеб бакIгиян. Гьесулго хIаракаталдалъун рагIалдеги бахъана.

– «Ас-салам» цIалулезе щиб гьарилеб?

- Тохтурзабаз сахлъи гурони щибха гьарилеб? Гьарула щулияб сахлъи ва рохел. Аллагьас ﷻ кидаго рохун таги.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВАС

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...