Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» гьудул

«Ас-саламалъул» гьудул

 

Болъихъ районалъул ГIалахъ росулъа ХIасан гьавуна 1951 соналда. 1973 соналдаса нахъе гIумру гьабун вуго Бабаюрт росулъ. ГIолохъанаб мехалда хIалтIана трактористлъун, ралел бакIазда ва ахираб лъеберго сон буго гIи-боцIул тIалаб-агъазалда вугелдаса.

 

- ХIасан, «Ас-салам» казияталъулгун кин лъай-хъвай ккарабали бицани бокьилаан.

- Гьеб къватIибе биччазе байбихьаралдаса нахъе гьабулеб буго подписка. Халкъалда гьоркьоб тIибитIизабизеги квербакъи гьабула. Жакъа дица бикьула 230 казият. Нижер росулъ гIемерисел гьеб хъвалел чагIиги лъарагIал руго.

 

- ТIарикъаталъул нухде кинха ккарав?

- 1992 соналда Чачаналъе ун вукIана тIарикъат босизейинги абун. Амма ТIадегIанав Аллагьас ﷻ биччачIо гьениса гьеб босизе. Гьебго соналъ гIагарай гIадан хун зигараялъ индал, дандчIвана ЦIумилухъа МухIаммад. Гьеб букIана лъабмоцIил кIал ккураб заман. Гьесулгун хабар ккедал, гьес абуна кIалккун моцI лъугIидал ЧIикIаве, СагIид-афандиясухъе айилан. Аллагьасе ﷻ буго щибаб рецц.

 

- Казият гьоркьобккун кинаб гьара-рахьи гьабилеб?

- Гьарила сахлъи ва щулияб иман. «Ас-салам» ккола гIелмабазул гъамас. Щивасул рокъоб букIине мустахIикъабги буго гьеб.

 

 

Гара-чIвари гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...