Руччабазул тIалабалда
Руччабазул тIалабалда
ЖамгIият сахаб букIине ккани, гIолеб гIелалъе тарбия гаджетаз кьезе течIого эбел-инсуца кьезе кколин кидаго чIечIого такрар гьабула чIахIиял чагIаз. ГьитIинаб къоялдаса нахъе лъимералъ гIемерисеб заман эбелалда аскIоб тIамулелъул, гьелъие тарбия кьеялъул жавабчилъиги чIужугIаданалде тIаде цIикIкIун ккола.
ГIолеб гIелалъе битIараб, лъикIаб тарбия кьезе ккани жакъа чIужугIаданалда лъазе кколел руго жамгIияталда гьоркьор рукIа-рахъиналъул къагIидаби, гIадатал, диналъул аслаби, къанунал. Диналъул, рукIа-рахъиналъул, хъизаналъул хIакъалъулъ ва цогидалги суалазе жаваб ва кумек гьарун дагъистаниял-руччаби ине бегьулеб бакI буго Дагъистаналъул Муфтияталда цебе бугеб руччабазе лъай кьеялъул (просвещение) отдел. Руччабазе шаргIалда рекъараб лъай ва тарбия кьей, мажлисал тIоритIи, лекциял цIали гуребги цоги кинал масъалаби жидеда цере ругелали бицана нижергун гара-чIвариялда Муфтияталда цебе бугеб руччабазе лъай ва тарбия кьеялъул отделалъул нухмалъулей Ирина ГIалиевалъ.
- Ассаламу гIалайкум. Цебехун рехсаралда тIадеги нижеца кIудияб хIалтIи гьабула руччабазулгун. БатIи-батIиял кIвар бугел масъалабазда рекъон руччабазе ва лъималазе тадбирал тIоритIула. Лъалареб жо цIехон, ахIун бачIани, жаваб кьола. Аслияб къагIидаялъ руччабаз нижее шаргIиял суалал кьола. БатIи-батIиял суалалгун рачIарал руччаби къабул гьарула, хадур гьезул суалазда рекъон, имамасухъе яги кризисалъулаб (гIумруялъулъ ккараб захIматаб хиса-басиялъулаб) централде ритIула. Дагъистаналъул батIи-батIиял районазда руччабазе мажлисал тIоритIула. Руччабазул лъай ва тарбия кьеялъул отделалъул республикаялдаго ругел хIалтIухъабазул лъай камил гьабиялъул курсал тIоритIула. АлхIамдулиллагь, диналъул яцал бербалагьи ва кIвар гьечIого хутIун гьечIо. Республикаялъул тIолалго шагьараздагун росабалъ руго руччабазул отделалъул хIалтIухъаби.
- ХIалтIулъ кинал къагIидаби ва ресал нужеца хIалтIизарулел? Кинал къагIидабаз бищунго хIасил кьолеб?
- Нижер хIалтIулъ бищунго хIасил кьолеб жолъун ккола нижехъе ячIарай щияй чIужугIаданалдехун бугеб рокьи, гьелъулгун гьабураб накъит, гьелда бицараб рагIи. Лъалеб жо буго, рагIуца инсан сах яги сакъат гьавулеблъи. Нижерго ва цересел рухIиял хIаракатчагIазул гIумруялдаса лъугьа-бахъиназдалъун мисалал рихьизарула руччабазда. Нижер хIалтIулъ бищунго хIасил кьолеб жолъун ккола ТIадегIанав Аллагьас бижанщиналде рокьи букIин. Рокьи гьечIони, букIунаро гурхIел-рахIмуги, бичIчIиги, хIеренлъиги.
- Руччабигун мун хIалтIулей йиго чанго соналъ. Кинал захIмалъаби дандчIвалел руччабазда хурхарал суалал тIуралаго?
- 2019 соналда ДГИялъул магистратураялда цIалулаго, гьелда цадахъго «Гьидаят» руччабазул централъул къасисеб отделениялде мугIалимлъун хIалтIизе лъугьана дун. Хадуй дун ахIана Гуманитариябгун педагогияб колледжалда хIалтIизе. Гьелдаса хадуй, руччабазе лъайгун тарбия кьеялъул отделалда хIалтIизе лъугьана. Кризисалъулаб централда гIемераб заманаялъ хIалтIичIониги, руччабазул захIмалъаби ричIчIизе гIураб заман тIамуна дица гьениб. ЗахIмалъаби рукIана гIемерал: руччабазе рокъоб, хъизамалда зулму гьаби, росас хьихьунгутIи, руччаби заралиял жалазде ругьунлъи (зависимости) ва гь.ц.
Руччабигун хIалтIулъ дандчIвалеб аслияб захIмалъи ккола - жидерго гIумруялъул тIалаб жидецаго гьабизе кколеблъи гьезда бичIчIизаби. КигIан захIматаб букIаниги жидерго гIумрудул хIукму, цогидазде тIамун течIого жидецаго гьабизе кколеблъи бичIчIизабизе захIмалъула. ГIемерисел руччабазе бокьула, гьезул захIмалъаби бигьаго, маргьабалъ гIадин, чияца тIуразе. Амма гIумруялъулъ гьедин букIунаро.
Руччабаз нижехъе ахIун бачIуна жидерго ккараб къварилъиялъул бицун. Хадуб нижеца гьезул захIмалъабазухъ балагьун, гьезул суалал кризисалъулаб централде ритIула. Гьениб психологияб, юридикияб ва цогидабги хIажатаб кумек гьабула.
- Цебе, чIахIияб гIелалъул гIадамаз абулаан: Къуръан цIаларабги гIолин руччабазе, какги бани, росасе мутIигIайги йигони, гьелъие тIокIаб тIаде исламияб лъай щвезабун хIажат гьечIин абун. Хасго руччабаз жидерго ихтиярал лъазариялъ, гьелда рекъон бетIергьанчиясдаса тIалаб гьабулеб жо цIикIкIин гурони, лъикIаб хIасил кьоларин. Гьелъ хъизамалда гьоркьоб дагIба-рагIи баккизабулин рикIкIунаан. Кинаб пайда босизе бегьулеб чIужугIаданалъ динияб лъай кьеялдаса?
- Исламияб лъай кьеялъ, тIоцебесеб иргаялда, рес кьола бусурбанчиясул ихтиярал гурелги жеги тIадал ишалги рукIин лъазе. Росасулги руго лъадиялда цере тIадал ишал, лъадиялъулги руго гьединалго росасда цере тIадал жал. Гьединлъидал, гIакъилай чIужугIаданалъ жиндирго ихтиярал тIалаб гьаруларо, гьел росасда бадир чIваларо. Лъай бугелщинал киналго руччабиги гуро гьеб лъаялда рекъон хьвадулел. Нилъеца хIаракат бахъизе ккола щвараб лъаялда рекъон хьвадизе. Къуръан цIали, как бай, росасе мутIигIлъи – гьеб буго цIакъ лъикIаб гIамал. Кин букIаниги эбел ккола лъимадул тIоцебесеб школа гIадинай гIадан. Гьелда тIадаб буго динияб лъай тIалаб гьабизе. Исламияб лъай бугейлъун ва тIабигIат берцинайлъун йикIине бокьарай чIужугIаданалъе рес буго «Гьидаят» руччабазул лъай кьеялъул централда ва ГIайшат АхIматиловалъул цIаралда бугеб «ЛъикIаб тIабигIаталъул школалда» цIализе лъугьине. Гьаниб гьелъие щола гIумруялде ритIухъаб, бичIчIи бугеб бербалагьиялъул мисал. Гьаний цIалун хадуса чIужугIадан лъугьине йиго жиндаго ракIчIарай, къуватай гIаданлъун; жиндирго бетIергьанчиясе квербакъулей лъадилъун; лъималазе гьайбатай эбеллъун; лъикIай, иман бугей мадугьаллъун ва гIамал-тIабигIат берцинай бусурманчIужулъун. Амин.
- Ахираб заманалда, батIи-батIияб даражаялъул СМИяз гIемер бицунеб буго Кавказалъул руччаби хъизамалда къварид гьариялъул хIакъалъулъ. Гьединал харбал раккиялъе бугищ хIужжа?
- Гьелъие батIи-батIиял гIиллаби ратизе рес буго. Нилъер республикаялда политикияб ахIвал-хIал багъа-башаризабизе бокьаралги камулел гьечIо. Дир хIисабалда, Россиялдаго хъизамалъулаб зулмуялъукье ккарал гIемерал руччаби рукIадго, гIицIго Кавказалъул руччабазде кIвар кьей гIакъилаб иш гуро. Цо-цо гьединал руччабазе «кумек гьабизе» бокьаралги ратулел руго. Гьебги, нилъер руччабазда ракI гурхIун гьабулеб жо гуреблъи бичIчIизе ккола нилъеда.
- Ахираб заманалда гIемерисел ясаз ретIулеб буго хIижаб. КIудияб гIелалъул гIадамаз абула, исламияб парталалъул мода букIиналъ ретIулеб бугин ясаз хIижабин абун. Дуца кин рикIкIунеб, хIижабалъул магIнаги бичIчIун ретIулеб бугищ ясаз гьеб партал?
- АлхIамдулиллагь, жакъа гIемерал бусурман руччабаз исламалда рекъон ретIулеб буго ретIел. Нилъеда тIадаб буго гьелъухъ ТIадегIанав Аллагьасе щукру гьабизе. Цогидаб тIадагьаб ретIел ретIун рукIиналдаса, щиб ракIалде ккун ретIулеб батаниги, ясаз баца-хьвараб партал ретIулеб букIин лъикI гьечIищ? Ратила гьезул цо-цоял модаялда хадур лъугьаралги, гьелъул магIна бичIчIун, ракI-ракIалъ ретIаралги ратила. Щиб лъалеб, гьеб модаялда нахъйилълъун хIижаб ретIарай гIаданалдаги, цо заманалдасан, гьелъул магIнаги къиматги бичIчIизе бегьула, ин ша Аллагь. ЛъикI букIинаан щияй чIужугIадан жиндирго жанисеб хIижабалда тIад хIалтIани. Гьеб ккола нич, лъикIлъи, жиндирго яхI-намус ва къадру цIуни, чIахIияздехун адаб-хIурмат гьаби, хъубаб мацI бицунгутIи, къокъго абуни – жиндирго ракI бацIцIад гьабиялда тIад хIалтIи.
- Социалиял гьиназдасан бихьула хIижаб ретIулел рукIарал цо-цо ясаз, камералда цебе гьеб бахъулеб куц. Гьеб суалалда хурхун хIалтIи гьабулищ нужеца?
- Нилъеда жакъа бихьулеб буго цо-цо нилъер диналъул яцаз психологазухъе хьвадун хадуса хIижаб бахъулеб, амма гьез гьеб ишалъул жавабчилъи цогидазда лъеялда дун рази гьечIо. Гьеб битIараб гьечIо, рекъараб гьечIо. Жийго кIазалдаса махIрум гьаюрай диналъул яц, байбихьудаго жинцаго тIаса бищаралдаса рази йикIун гьечIин абураб магIна бичIчIула гьелдаса. Сундуе гIоло жинца хIижаб ретIун букIарабали гьелда бичIчIун букIун батуларо. Нилъеда ракIалде ккараб кинниги, гьединаб бигьаяб иш гуро гьеб, гьениб буго инсанасул рекIелъ бугеб загIиплъи, жийго жиндаго йичIчIунгутIи.
Щияй чIужугIаданалда бичIчIизе ккола щай нилъеца жиндирго берцинлъи бахчулебали, лъил амру гьебали, лъихъе нилъ тIадруссине ругелали ва щиб нилъеца гьаб дунялалдаса ахираталде цадахъ босизе бугебали. Руччабазул лъайгун тарбия кьеялъул отделалъ хIадур гьабураб «Цо кIазалъул къиса» абураб спектаклялдаги борхун букIана бусурман руччабаз кIаз тIаса бихъиялъул хIакъалъулъ тема.
- Муфтияталда руччабазул тIалабал тIуралеб отдел рагьаралдаса нахъе кинал лъикIал хIасилал ккарал? Кинал рахъазда тIад нуж жеги хIалтIизе кколел?
- Ниж разиял ва рохарал руго нилъерго руччабазе кумек гьабизе рес щвеялдаса, гьеб бажарулеб букIиналдаса. АлхIамдулиллагь, нижедаса цебеги, лъикIал, намус бацIцIадал руччабаз гIемераб хIалтIи гьабуна отделалъул иш цебетIезабизе. Ва жакъа гьеб хIалтIуца лъикIаб бачIинги кьолеб буго. Нижецаги гьеб иш гьабулеб буго цIияб къуватгун, цIиял лъикIал пикрабигун, ТIадегIанав Аллагьасде щукругун ва Гьес рижарал гIадамазде рокьигун.