Аслияб гьумералде

Эбел хвараз вас хвасар гьавуна

Эбел хвараз вас хвасар гьавуна

19 июлалда Казбек районалъул Инчха росулъ Пайзулаева ПатIиматги хун тагIзияталда рукIана. Къалъудаса хадуб кавудухъе векерун вачIана цо гьитIинав вас, хIоринив цояв гъанкъулев вугиланги ахIдолаго.

ТIоцеве гьев вихьарав Сайпудин-хIажияв векерун ана кив гьев вугевиланги ахIулаго. ГьитIинав васас рикIкIадасанго вихьизавуна лъелъе тIерхьун унев МухIуев ГIумар. Хехго лъелъеги кIанцIун, Сайпудиница гьесул гъеж ккуна ва эхедеги ворхун, мугъалдехун вуссинавуна.

Живгойин абуни дагь-дагьккун лъелъе тIерхьун ана. Гьеб параялъ лъедун тIаде щвана Сайпудинил гьаркьазухъе векерун вачIарав вац, ХIизбуллагь-хIажиги, Россиялъул хIежмиссиялъул нухмалъулев. Гьес вахъана гьев лъелъа къватIиве.

Хвасар гьаруразе баркала загьир гьабун вачIарав ГIумарил кIудияв эмен ГIизраилица абуна гьеб иш нужер эбелалъул баракат бугилан. ГIадада гуро нилъер хирияс абун букIараб васазда лъедезе малъеян.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...