Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, имамгун, мадрасаялъул директоргун, школалъе нухмалъи гьабулейгун, ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун.

 

Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. Ругъжабе гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

 

 

 

 

ХIажимусаев МухIаммад, Ругъжаб росдал бегавул

 

 

 

 

- 2004 соналъ дун вачIана хIалтIизе росдал администрациялде. Микьго соналъ бегавуласул заместительлъун вукIана, цинги вищана бегавуллъун. Цогидал росабалъго гIадин нижехъги бищун кIудияб къварилъи букIана нухазул. 2015 соналъ нижер росулъе вачIун вукIана Рамазан ГIабдулатIипов. Гьесде гIарз бахъана нухазул хIакъалъулъ. Рамазаница рагIи кьуна ва тIубазабуна. Гьале нужеда рихьана жакъа росулъе ругел нухал. Гьелдалъун нухазул суалги къана. Гьединго нижер росулъ буго лъел къварилъиги. Росулъе бачун буго рикIкIадаса лъим. Росдал администрациялде гъорлъе унеб жеги щугоги бакI буго. Хасало гIазу бани, ихдал цIадал рани лъим букIуна, гьанже дагьаб захIмалъи кколеб буго гIазу-цIад къанагIат букIиналъ. Жакъаги гьеб суалалда тIад хIалтIулел руго.

ГьабсагIат СВОялда нижер росулъа гIахьаллъи гьабулеб буго лъебергоялдаса цIикIкIун чияс. Гьезул ункъояв чIван вачIана, жеги лъабгояв тIагIун вугин абулеб буго. Гьел гIолохъабазул хъизан-лъималазеги бажараб кумек гьабула.

 

 

 

 

 

Кумсият ГIалиевна, школалъул директор:

 

- Дун гьаюна 1946 соналъул 1 январалда, нижер хъизамалда киналго гIадин рукIана учительзаби, гьединлъидал гьеб пиша дие гьитIинаб къоялдасаго гIагараб букIана. Нижер росулъ тIоцебе тIадегIанаб лъай щвана дир инсул вацгIаласе ва гьеб лъугьана нижее кIудияб мисаллъун. Школалда дие бокьулаан математика, гьеб предметалъул учительги. Доб мехалъ учителзабазул кIудияб къимат букIана, математикаялде ва дирго учителасдехун бугеб рокьиялъ дун тIамуна учителасул нух тIаса бищизе.

1968 соналда дица лъугIизабуна пединституталъул физикаялъулгун математикаялъул факультет. Дун лъикI цIалана: киналго предметазе щуйилал рукIана, гIицIго философиялъе букIана ункъилаб. Студентлъиялъул соназда дун жигаралда гIахьаллъулаан жамгIияб гIумруялъулъ: дун йикIана комсомолазул гIуцIиялъул секретарлъунги, комсомолазул комитеталъул членлъунги, общежитиялъул тIалаялъул заведующийлъунги.

 

 

 

 

Институт лъугIун хадуб гьенийго чIезе рес букIана, амма хъизамалъул ахIвал-хIал сабаблъун, дун гIагараб росулъе тIадюссана. ТIоцебесеб лъабго соналъ дарсал кьуна, цинги лъугьана чIахIиял классазул завучлъун, хадуй директорлъун тIамуна. 1996 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан дица нухмалъи гьабулеб буго школалъе.

 

- ГIолохъанал соназда дарсал кьей кин ракIалда бугеб?

- Цебе учительзабазул букIана жидерго хасаб хатI, цо ккураб ретIел, гьанже гIадин компьютералги рукIинчIо, гьединлъидал квералъ хъвалеб гIемер букIана, кIудияб адаб-хIурмат букIана гьабулеб пишаялъул. Лъималги рукIана батIиял - гIамал-хасияталъул кIвар бугел. Жакъа гIемераб жо хисун буго: лъимал жидерго телефоназде жанире ун руго, гьезда, аслияб къагIидаялда, адаб малъулеб бакIги гьеб буго. Узухъда, нижеца биччаларо школалда лъималаз телефон хIалтIизабизе ва цадахъ босизе. Гьеб сабаблъун, дир пикруялда, чIахIиязул адаб-хIурмат гьаби хун буго. Гьелде тIадеги, лъималазда рахьдал мацIалъул аслиял рагIабицин лъачIого хутIула. Гьелъие гIиллалъун дица рикIкIуна телевидениеги телефоналги. Дун гьелда рази гьечIо.

 

- Дур пикруялда, учителасул хIалтIулъ бищунго аслияблъун щиб кколеб?

- ТIоцебесеб иргаялда, жидерго предметалде бугеб рокьи ва гъваридаб лъай. Учителасда тIадаб буго лъималаздехун битIараб бербалагьи гьабизе, дарсил заманалда гьез рокъобе кьураб хIалтIул хал гьабизе, цIияб материал баян гьабизе ва рокъобе тIадкъай кьезе. КIвар бугеб жо ккола киналго лъимал ращадго рихьи, щивниги ватIа гьавичIого. Дарсазде гъира базабизе ккола лъималазул. 

- Эбел-инсулгун гьабулеб хIалтIи кин бугеб?

- Нижецаги гьоркьоса къотIичIого хурхен гьабула эбел-инсулгун: гIуцIула данделъаби, гьоркьоб лъола лъималазул бергьенлъаби ва масъалаби. Нижеца гьезулгун щулияб бухьен ккун буго.

 

- Нужер школа чIухIизе бегьулеб жо бугищ?

- Нижер школалъул выпускниказда гьоркьор руго профессоралги, гIелмабазул кандидаталги, гIелмабазул докторалги. Дагъистаналда информатикаялъул тIоцевесев докторги ккола нижер выпускник. 1996 соналъ нижер школа рикIкIана «Россиялда лъагIалил школалъун».

 

- ЦIалдохъабазе ва гьезул эбел-инсуе щиб гьарилеб?

- Дие бокьилаан эбел-эмен лъималазда рахьдал мацIалда кIалъазе. КIиабизе, умумузул гIадатал цIунизе. Ва ахиралдаги, бокьилаан киналго дагъистаниял цолъун рукIине.

 

 

 

 

 

МухIаммад ГIабдуррахIманов, Росдал имам:

 

- 2014 соналда мадрасаги лъугIун, практикаялъ витIаралдаса нахъе вуго дун росулъ. КIиго сонгIан заманалъ вукIана мадрасалда лъималазе дарсал кьолев ва росдал имамасул кумекчилъун. Цинги тIамуна имамлъун. 

 

- ЖамагIаталъулгун хIалтIи гьабиялъул иш кин байбихьараб?

- АлхIамдулиллагь, нижер росдал жамагIат буго кутакалда гъункараб. Дун имамлъун ккаралдасаги гIезегIан хIалтIи гьабуна росулъ, гьабсагIаталдаги гIемераб хIалтIи гьабулеб буго мадрасалда. Щиб кумек хIажат бугониги, жамагIат, цо хъизамалъул чагIи гIадин, рахъун хIалтIизе мадар гьабула. 

ДагIваталда хурхун гьабизе байбихьараб хIалтIи букIана школлъималазул как-кIал мухIкан гьабун, гIисиназда малъун, мажгиталде, дарсазде рачIинарун. ЧIахIиязулгунги гьабуна хIалтIи. Мажгиталде, дарсил заманалда, рачIине санагIалъи кколарезулгунги гьабуна, бугеб ресалдаса пайдаги босун, хIалтIи.

- «Ас-салам» казияталъул хIал-тIи кин гIуцIун бугеб, гьелъул кумек букIунищ имамасе?

- Кутакалда кIудияб кумек гьабула казияталъ имамасе. Подписка гьабулелъулги, цIияб номер рокъо-рокъобе щвезабулелъулги, гIемерисезулгун дандчIвай ккола. Гьебги гьитIинаб жо гуро, цоги жоялъул халгьабичIониги.

 

 

 

 

 

- ГIун бачIунеб гIелалъулгун гьабулеб хIалтIи кин бугеб?

- ГIун бачIунеб гIелалъулгун хIалтIи гьабизе, росадал гIадамаз вихьизавурав гIолохъанчи вуго. ГIолохъабазул рукIуна жидерго данделъаби, спортивиял къецал гIадал хIаял, гьединал мажлисазда гIахьаллъи гьабула имамасги. Данделъабазда бицуна лъикIаб-квешалъул, гьабула гьитIинабго насихIат. РукIуна гIаммал дарсал, чай гьекъей гIадаб багьана батунги, цо-цо тIаде-гъоркьеги хьвадула гIолохъабазухъе.

Дие бокьула спорт. Ругел ресаздаса пайда босун, росдал лъималазе гугариялъе ругьун гьарулелги рукIана. Гьелъие хIалае вахъана росдал бегавулги, хадубккун районалъул спорт-школалдаса штатги рагьун, гьезги гьабуна нижее бажарараб кумек. Росулъ къачIалеб бугеб мадрасалда ракIалда буго спортзалалъеги цо тIала хIадур гьабизе.

 

- МагIарулазе щиб гьарилеб?

- Щивав чияс абула нилъ цолъизе кколин, гъунки чучун бугин абун. Гьеб битIараб буго, амма лъазе кколаха цолъи сунда сверухъ букIине кколебали. Бихьулеб буго питна гьабизе бокьарал рукIин. Амма диниял церехъабазда сверухъ цолъани, гьез малъухъе хьвадани, нилъер иш цебе ине буго. Аллагьас квешаб тезе, лъикIаб гьабизе тавпикъ кьеги киназего.

 

 

 

 

 

АхIмад, жамгIияв хIаракатчи, мадрасаялъул бухгалтер:

 

- Дун бухгалтерлъун хӀалтӀана Росгосстрахалда, хадуб - росдал мажгиталда. Гьанже дир вас хIалтIулев вуго мажгиталда бухгалтерлъун.

 

- Нужер росулъ хӀифз-центр гӀуцӀизе пикру кин ккараб?

- Гьеб ишалде дун гьесизавуна КъулецIмаса ГӀали-афандияс. Гьес дида бихьизабуна жидерго росулъ бугеб мадраса, гьелъул ферма. РакӀбацӀцӀадго жигар бахъани, Аварагасул ﷺ заманалда гӀадин, исламияб гӀелму киса-кибего тӀибитӀизабизе санагIалъаби гӀуцӀизе кӀолин абуна гьес. АсхӀабзабаз кӀвараб хӀаракат бахъулеб букӀана дин щивасухъе щвезабизе. Гьелдаса хадуб мадраса гӀуцӀиялъул пикру дирги баккана.

 

 

Мадраса баялъе квербакъарав жиндир Аллагьас мунагьал чураяв Абулмуслим

 

 

- Мадраса гьабулаго захӀмалъаби дандчӀванищ?

- Гьелъул гIемераб жо бицине бегьула. Амма кинабго хисана 2011 соналда, дир эбел къадаралде щведал. Гьелдаса хадуб имамлъун вукIарав Мурадида дандбана мадраса гьабиялъул иш. Цинги, 2013 соналда хвана дир вацгIал. Гьев вукъун хадуб дица гьесул васасда мадрасалъул хӀакъалъулъ кӀалъай гьабуна. Гьес бицана жиндир инсуе бокьун букӀанин рукъ бугеб бакIалда мадраса базе. Амма аслияб масъалалъун букӀана ракьул суал - киналго документазул рахъал рекъезаризе кколаан. Гьеб рагӀалде бахъинчӀо. Гьедин гьеб суал тIубачIого хутӀана 2015 соналде щвезегӀан.

 

- Сунца яги лъица кумек гьабураб иш цебехун бачине?

- Цо нухалда, росдал мажлисалда, дандчӀвана ДРялъул хIукуматалъул председателасул инсул вацгIал Абумуслим. Гьесда дандбана мадрасалъул суал ва кватIичIого гьеб иш рагӀалде бахъана. Гьедин байбихьана мадраса базе.

ГӀемераб кумек гьабуна бакӀалъулаб администрациялъ. Амма бищунго цIакъ кумек гьабурал ккана росдал гӀолохъаби. Аллагь ﷻ разилъаги киназдасаго!

 

 

 

 

 

МухIамирзоева Хадижат, мадрасалъул богогьан: 

 

- Лъабго сон буго дун мадрасалда хIалтIулелдаса. Щибаб къоялъ хIаракат бахъула гьанир ругезе тIагIамаб ва пайдаяб квен гьабизе. Бищунго аслияб жо кколелъулха лъимал лъикI кваназари, гьезухъа Къуръан рекIехъе лъазабизе кIвезе букIине. Сахлъиялда ругони, гIелмуги щулияб букIуна. Нижер росдае цIакъ кIвар бугеб бакI буго мадраса. Гьаниб лъималаз Къуръан рекIехъе лъазабула, тIолабго жамагIаталъе гьеб ккола кIудияб нигIмат. Нижеца хIаракат бахъула гьезие киналго шартIал чIезаризеги.

Гьелдаго цадахъ хIаракат бахъула росдал гIумруялъулъ гIахьаллъизе: кумек гьабула тадбирал, мажлисал гIуцIиялъе. Мугъзагьодалъе операция гьабилалде цебе дунги гIахьаллъулаан хварай чуриялъулъ - гьеб букIана дир халкъалда цебе бугеб борч.

Дие бокьун буго гьаризе нилъер киналго лъималазе лъикIаб лъай щвагиян абун. Биччанте щивас жидерго умумузул гIадатал ва рахьдал мацIал цIунизе. Щивасда бичIчIизе ккола гIадамазе хъулухъ гьаби ТIадегIанав Аллагь разилъиялде рачунеб нух букIин.

 

 

 

 

 

ФатIимат ГӀабдулаевна, росдал амбулаторияб больницаялъул нухмалъулей?

 

- ГьитӀинаб къоялдаса нахъего анищ букӀана тохтурлъун яхъине. Дие кидаго бокьулаан гӀадамазе кумек гьабизе. 2009 соналда лъугӀизабуна школа, хадуб цӀализе лъугьана медучилищеялде. 2016 соналдаса нахъе хӀалтӀулей росдал амбулаториялда.

 

- Кинал масъалаби ругел жакъа амбулаториялда цере?

- Нижехъе гӀадамал рачӀуна батӀи-батӀиял масъалабигун: бидул тӀадецуй борцине, капельница лъезе, укол гьабизе, унтарасул хӀалалда хадуб халкквезе. АхӀвал-хӀалалъ хехаб кумек хӀажат батани, ахӀула «хехаб кумек». Хасав тохтурасде хIажатал ритӀула районалъул яги шагьаралъул больницаялде.

 

- Кинал унтабигун бищун гӀемер гIадамал рачӀунел?

- Бищун гӀемер рачӀуна гипертония, ракӀалъул ва лугбузул унтаби ругел гӀадамал. Гьединго руго гастрит ва язва бугел унтаралги.

 

- Гьел унтаби ккеялъе гӀиллалъун щиб дуда бихьулеб?

- Тохтурасухъе заманалда рачIунгутIи. Нилъер гӀадатго гьечӀо лъагIалида жаниб цоцIулгIаги черхалъул сахлъиялъул халгьабизе унеб. Гьеб цӀакъ кӀвар бугеб иш буго. ГӀадамаз заманалда жидерго сахлъиялъул халгьабулеб букӀарабани, гӀемерал унтабаздаса рорчӀизе рес букӀана.

 

- Амбулаториялда хӀалтӀул шартӀал кинал ругел?

- ХӀалтӀулев вуго ичӀго чи. ГьабсагӀат мина цӀигьабулеб буго. Гьеб ккола цебехун лъураб кӀудияб гали: гӀадамазе кумек гьабизе лъикӀал шартӀал къваригӀуна.

 

- Росдал гӀадамазе щиб гьарилеб?

- Бищунго аслияб жо ккола сахлъиялъул къимат ва гьелъул ургъел гьаби. Тохтурасухъе ине нахъбахъуге ва нужго дару гьабизе лъугьунге. Кваналеб жоялда хадуб халккве, рагъа-рачари цIикIкIинабе. Эбел-инсуе кӀвар бугеб жо ккола лъималазул сахлъиялъул ургъел гьаби ва гьезда мисал бихьизаби. Ахир-къадги сахлъи ккола кинабго жоялъул кьучӀ.

 

 

 

 

 

ГIабдулаев Рафаэль, тарихчи

- Нижер росдал ракьалда гIумру гьабизе байбихьараб тарих кколеб буго неолиталъул заманалде. Гьелъие нугIлъи гьабула росдада аскIор ругел нохъазда ратарал хъвай-хъвагIаяз. Цо-цо гIалимзабаз абулеб буго гьелдасаги цебесеб заманалда гIумру букIиналъе нугIлъи гьабулин гьел хъвай-хъвагIаяз абун.

Росу гIуцIун буго 12 колода гIумру гьабун рукIарал гIадамалги данделъун. 17-18-абилел гIасрабазда Ругъжаб букIун буго кIудияб мадраса. Гьенир цIалулел рукIун руго цохIо Дагъистаналдаса гуребги къватIиса рачIаралги мутагIилзаби. Нижехъ цIалулел рукIарал гIалимзабазул цояв ккола жиндир цIар дунялалдаго машгьурав Къудукьа Мусалав. ГIумру гьабунги нижехъ вукIун вуго, гьесул цояв васасе ригьинцин гьабун буго Ругъжаса ясги ячун. 

1937-1944 соназда Ругъжаб букIана райцентр. Нижер росулъа ккола Совет Союзалъул БахIарчи СагIаду Мусаев, гьединго гIемер рукIана ва руго гIелмуялъул рахъалъ церетIурал гIадамал. Гьезда гьоркьоб кIудияб бакI ккола Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдурахIман Данияловас.

 

 

 

 

 

МухIаммад МухIаммадгIалиев, Мадрасаялъул директор:

- ЛъагӀелгIанасеб заман буго дир Ругъжаб бугеб мадрасаялъул директорлъун хIалтIулелдаса. Гьаниб цадахъ унеб буго мадраса байги цIалиги. Лъай кьеялъул иш цо къоялъ чӀун гьечIо.

Нижер мадрасаялъ Къуръан рекIехъе лъазабулел чагӀи хӀадур гьарула. Амма нилъеда бичӀчӀула гьаб заманалда инсан кинабниги рахъалъ цеветIуравлъун вукIине кколеблъи. Гьединлъидал цӀалдохъабазе щола школалъул лъайги. ЦӀалдохъабазул хIакъалъулъ абуни, гьанир цӀакъ гьунар бугел лъимал руго.

 

- ЦӀалул программа кинаб бугеб?

- Нижер буго тасдикъ гьабураб программа. ТӀолабго Дагъистаналда хӀифз-централъ киназего чIезабураб программа буго, нижецаги хӀаракат бахъула гьеб цӀунизе. Кинниги нилъеда бичӀчӀула лъимал батӀи-батӀиял рукӀин: цоязул тӀабигӀаталдасан ракӀалдещвеялъул къуват цӀикӀкӀараб букӀуна, цогидазе рекӀехъе лъазе заман цӀикӀкӀун къваригӀуна. Нижецаги хӀаракат бахъула гьебги хӀисабалде босизе: нижеца гьединал лъималазул рахъ ккола, гьезул ракӀал рохизарула. Узухъда, тӀоцебе захӀмалъизе бегьула, амма 3-4 моцӀидасан лъимал гьелде ругьунлъула ва лъикӀал хӀасилал кьола.

- МугӀалимзаби кин тIаса рищулел?

- Гьеб суал тIубала хӀифз-централъул нухмалъиялъ. Гьел руго нижехъе камилго иш лъалел мугIалимзаби ритIулел чагIи. Бокьарав чи вачIун дарс кьезе бегьуларо, гьесул кинаб гьунар бугебали балагьизе ккола. ГьитӀинаб къоялдаса нахъе лъимазда битӀун малъичIони, гьел ругьунлъула мекъаб къагIидаялъ цIализе. Хадуб, гьел кIудиял гIедал, гъалатӀал ритӀизаризе цӀакъ захӀмалъула. Нижер рахъалдасанги махщел бугев мугIалим вугони, нижеца гьезухъе битIула гьесул хIакъалъулъ хъвараб жо ва гьез тасдикъ гьабуни, гьевги тола мугIалимлъун.

 

- Школаги мадрасаги цадахъ бачине захӀмалъулищ гьезие?

- ТӀоцебе захӀмат букӀине бегьула. Амма хадуб лъимал гьелде ругьунлъула. Школалъул программа лъималазда малъизе кIудияб квербакъи гьабула мугIалимзабаз ва гьездаса тIалабги гьабула. Амма чӀахӀиял гӀадамаз, цо-цо мехалъ лъималазе захӀмалъаби жидецаго ургъула, гьезда цӀакъго гурхӀун. Амма лъималаз нилъеца малъараб босула. ГӀадлу-низамалъ ва букӀине кколеб къагӀидаялъ гӀуцӀараб къойилго ругьунлъиялъ кинабго рекъон бачуна. Нижеца гӀорхъолъа арал хӀалтӀул нагрузкаби кьоларо, хӀифз-централъул программа гӀуцӀун буго лъималазул ресазул хӀисабги гьабун.

 

- Хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?

- Къуръан рекӀехъе лъазаби гуребги, Дагъистаналъул хӀифз-централъул нухмалъиялда ракӀалда буго диналъул аслиял жалги, ай букӀине кколедухъ какие чуризе ва как базе кколеб куц малъизе.

 

 

 

 

 

ГIазизов ИсмагIил, ветеринариял гIелмабазул кандидат, ДагГАУялъул доцент:

- Дун гьавуна Ругъжаб росулъ. Школа лъугIидал цIализе ана М. Жамбулатовасул цIаралда бугеб ДагГАУялде. Гьеб лъугIидал хIалтIана батIи-батIиял бакIазда, ай дирго махщалида рекъон. ХIалтIуда цадахъ цIалана аспирантураялда ва ветеринариял гIелмабазул кандидатлъун вахъана. ГьабсагIат хIалтIулев вуго гIун бачIунеб гIелалъухъе дирго лъай кьеялда тIад. Гьаб рахъалде дун гьетIана гьитIинго, чуязде бугеб рокьиялъ. Нижер рокъоб кидаго рукIана чуял, жакъаги руго. Доб заманалъул ветеринаразги гIемер кIвар гьабулароан чуязул. Батизе бегьула, гьел аскIоре ине дагьаб хIинкъи бугел рукIиналъги. Гьеле гьебги ккана гIилла дун ветеринариялде цIализе ине ккеялъе сабаблъун.

ГIамм гьабун босани, гьаб заманалда квеш бугин абиларо ветеринаяб гIелмуялъул рахъ Дагъистаналда. ЦохIо захIмалъи буго, гьанже цIаларал гIолилазул гIемерисез тIаса бищулеб буго кутузулгун гьабзазул тохтурлъи. Цогидал хIайваналгун хIалтIи гIемераз тIаса бищулеб гьечIо. Гьелъие бугеб гIиллаги ккола харж-мухь дагьаб букIин. 

Росдал ишазулъ, жамгIияталъул гIумруялъулъ бажарараб гIахьаллъи гьабула. Имамасе хIажатаб жо ккани, гьеб тIубазе хIаркат бахъула.

 

 

 

 

 

МухӀаммад Нурасулов, эркенаб гугариялъул тренер:

 

- МухӀаммад, спорталде нух кин байбихьарабали бицине бокьилаан.

- ГьитӀинаб къоялдаса нахъего машгъуллъун вуго спорталде. ТӀоцебесеб классалда цIалулеб заманалдаго ана Гъуниве, эркенаб гугариялъе ругьунлъизе. Анкьабилеб классалде вахиндал инсуца витӀана МахӀачхъалаялде, гьенибго тренировкабазде хьвадана.

 

- Гугарулелъул росарал бищун ракIалда чIарал бергьенлъабазул бицани…

- Дун гӀахьаллъана юниоразул дунялалъул чемпионатазда, халкъазда гьоркьосел турниразда: ГӀалиевасул, ГӀумахановасул, Ярыгинил цIаразда ругел. Дун цеве вахъунев вукIана Сербиялъе гIологи. Чанго нухалда гьеб улкаялъул чемпионлъунги вахъана.

Россиялъул чемпионаталда кӀиго-лъабго нухалда ккуна цересел бакIал. Дун ккола халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастерги. Гьанже ункъо сон буго эркенаб гугариялъул тренерлъун хӀалтӀулев вугелдаса.

- Щиб ригьалде бахиндал лъимер гугариялъе ругьун гьабизе битIизе бегьулеб?

- Дир пикруялда, бищун лъикӀаб заман ккола 9-10 сон. Гьеб ригьалде рахиналде лъималазе лъикӀаб букӀуна гимнастика, лъедей яги расандиялъулаб спорталъул тайпаби гьаризе. Гьелъ кьола кинабго рахъалъ цебетӀей. Дида лъала советияб заманалда 10 сон базегӀан гугариялде ва гьелда релълъарал спортазде лъимал рачунароан. Гьанже Дагъистаналда анкьго сон барал лъималцин гугариялъе ругьун гьари къанагӀатаб жо гуро.

 

- Унго-унгояв тренер кинав вукӀине кколев?

- ГӀемерисезда ккола, тренерасул хӀалтӀи тренировкабазул заманалда, гӀицӀго хъат чӀвай бугин абун. Амма гьеб битӀараб гьечӀо. Тренер вукӀине ккола психологлъунги, биологлъунги, лъазе ккола физиологияги, ай щивасулгун гьоркьоблъи гьабун бажаризе ккола. Гьедин гьечӀони лъималазе тренировкабазде хьвадизе бокьуларо, гьезул гъира хвезе рес буго. ЦӀакъго кӀвар бугеб жо ккола живго тренерги сундулъго гӀадлу-низам цIунарав вукIин. ХӀасилал циндаго гуро кколел. ЛъикIаб хIасил ккезе ккани гIемераб гIетI тIезе ккола. Гьединго хӀалтӀизе ккола сахлъиялда тIадги: заманалда кьижун ва ригьалда вахъун, кваналелда хадуб халккун. Жакъа гьеб захӀмалъулеб буго лъималазе, гаджетазде руссун рукIиналъ гIадада чIвалеб буго заман.

 

- ЗахӀматаб гIамал-хасияталъул лъималазулгун гьоркьоблъи кин балагьизе кколеб?

- Дида бихьараб жо буго, живго чиясе бокьун гьечӀони, гьев хIалица цӀализе тӀамизе кIоларо. Амма гьединал лъималгун кӀалъазе ккола, гьел рехун тезе бегьуларо. ГIемерисеб мехалда гьединал ишаз ва гьоркьорлъабаз хIасилги кьола, лъималги лъикIаб рахъалде руссуна.

 

- Дуца ругьун гьарулел лъималаз росарал бергьанлъаби кинал ругел?

- Дагъистаналъул чемпионаталда призераллъун рахъана чангоял. Амма дун божула, гьабго хIалалда хӀалтӀи гьабулеб бугони, чанго соналдаса лъималаз лъикIал хӀасилал рихьизаризе рукӀиналда. Дун гьаб ишалда вугелдаса буго ункъо сон, гьединлъидал кинабго жоялъе къваригӀуна заман.

 

- Сунца кумек гьабулеб лъимал заралиял жалаздаса цӀуниялъе?

- ТIоцебесеб иргаялда, эбел-эменгун цадахъ хӀалтӀи гьабизе ккола. Эбел-инсудаги тренерасдаги лъазе ккола лъимер киб бугебали. Тренировкабазде бачӀинчӀони, эбел-инсуда цIехезе ккола. Тренировкабаздаса хадуб рокъобе кватӀун бачIунеб батани, эбел-инсуца тренерасда гьикъизе ккола. Лъимадул эркенаб заман букӀине ккола кӀванагӀан дагьаб. ЦӀали, тренировкаби, кружокал - гьеб ккола битӀараб нух. ГӀадада гуро абулеб: кӀвахӀаллъи - илбисалъул расандиян. Дир лъимерлъиялда букӀана гьадин: школа, тренировкаби, рукъ ва заман щведал кьижи.

 

- Эбел-инсуе ва газета цIалулезе щиб гьарилеб?

- Эбел-инсуда абила, лъималазе эркенаб заманго тогеян, пайдаяб ишалде гьел машгъул гьареян. Аслияб жо буго гьабулеб иш мухIканго, ракI-ракIалъго гьаби. Гьеб мехалда хӀасилги ккезе буго.

 

 

 

 

 

ГIабдурахIманов Муса, 

грэпплингалъул (АСБ) рахъалъ дунялалъул чемпион,  росдал жигарав хIаракатчи:

 

- Росулъ гьавурав ва гIурав дие спорталде бугеб рокьи ирсалъе щвана инсудаса. ГьитIинаб къоялдасаго анищ букIана спорталде машгъуллъизе, амма росулъ шартIал гьечIолъиялъ гочине ккана шагьаралде, тренировкабазде хьвадизе.

Эркенаб гугариялдаса хадуб байбихьана грэпплингалъе ругьун гьавизе, гьениб дие щвана дунялалъул чемпионасул цIар. Жакъа дун вуго ММАялъул речIчIухъанги цадахъго гIахьаллъи гьабула жамгIияб гIумруялда, гIун бачIунеб гIелалъе мисалги бихьизабула.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...