Аслияб гьумералде

Аварагасул асарал ЦIумада районалда

Аварагасул асарал ЦIумада районалда

Аварагасул асарал ЦIумада районалда

ХIасан МухIаммадов, Агъвали росу

Аварагасул асарал рихьизе тIоцебесеб нухалъ вачIана. БитIараб бицIани, гьал асарал гьанире щвелилан ракIалде ккунцин букIинчIо. Аллагьасе щукру буго гьадинаб рес кьун нилъ тарав. Гьел рихьидал черхалъе гьабураб асар гIезегIан лъикIаб букIана. Дун гьел рихьизе тIоцебе рачIараб къоялъги щун вукIана, ракIалда буго цоги нухалъги вачIине. Гьарула БетIергьанасда тIолабго халкъалъе гьазул баракат гIамм гьабеян абун.

Энгереев МухIаммад, Гьигьалъ росу

Асарал рихьизелъун ниж росдал имамгун цадахъ къоло щугогIанасеб машина жамагIаталъулгун рачIана. Кутакалда вохана асарал гьанире рачIиналдасаги, щайин абуни кидаго гуро гьел рихьизе рес щолеб, хасго нижерго район ЦIумаде рачIун.

Гьединлъидал щвараб рес гIадада биччазе бегьилищха, хIаракат бахъана баркат тIалаб гьабизе. Кин бугониги хьулни букIунаан гьел гьаниреги рачIиналде. Асарал рихьиялдалъун гIадамазулги гьурмада кутакаб рохел загьирлъун бихьулеб буго.

МухIамадов ХIайбула, Агъвали росу

- Рес букIун гьединал зияратал гьоркьор риччаларо дица. Аварагасул асаразде зияраталъе тIоцебе 2012 соналъ махIачхъалаялда щун вукIана. Гьелда хадусан Инхелов ва жакъа гьале Агъвалибеги бачIана баракат. Авараггун асхIабзаби ва гьезул букIараб магIишат ракIалде щвана.

Кутакаб асар кьуна халкъалъулго хирияс жиндасан гьекъолеб букIараб чаша бихьидалги. Пикру гьабуна хириясул кIутIби жинда хъвараб чаша гьеб букIин. ЦIакъ пашманлъана, къварилъахъдана авараг вихьизе хьулгун. Аварагасул баркат шафагIат щваги нилъее. Къосараб къавмалдасаги Аллагьас нилъ цIунаги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...