Аслияб гьумералде

Хваразе кири щолеб гIамал

Хваразе кири щолеб гIамал

Бусурбабазда гьоркьоб кидаго лъугIулареб бахIс буго хабада Къуръан цIализе бегьиялъул суалалда тIасан. ГIадамал щакдаризе лъугьуна битIарабмекъаб лъаларого. Гьединал суалалги рорхизе бегьула жидерго мурадазе гIоло яги бусурбабазда данде. Кинаб мурад батаниги, хIакъикъат цо буго.

Имам Гъазалияс «ИхIъя гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъвалеб буго хабада Къуръан цIалиялъул щибниги къварилъи гьечIин.

ГIали бин Муса ХIададица бицана: «Дунги имам АхIмадги ва МухIаммад бин Къудамаги жаназа букъулеб бакIалда цадахъ гIахьаллъи гьабулел рукIана. Жаназа букъун бахъиндал цояс вачIун хабада Къуръан цIалана. Имам АхIмадица абуна гьеб цIали бидгIаяб пиша бугилан. Хабадаса къватIире рахъиндал, МухIаммад бин Къудамаца имам АхIмадида абуна: «Мубшир ХIалабиясул хIакъалъулъ дуца щиб абулеб?» - ян. Имам АхIмадица абуна гьев божи бугев чи вугилан. Дуца гьесдасан щиб букIаниги хъванищ яги ракIалда чIезабунищин гьикъидал, имам АхIмадица абуна гьабунин. МухIаммад бин Къудамица абуна, Мубширица дида бицанин ГIабдурахIман бин ГIалаидасан ва гьесул инсудасан, гьес васият гьабунин жив вукъидал сура «ФатихIа» цIалеян.

МухIаммад бин АхIмад Марвазияс бицана имам АхIмадица абунин: «Хабаде щведал нужеца цIале сура «ФатихIа», Къулгьу ва Фалакъ ннас, гьелъул кириги кье хваразе, гьезие гьеб кири щола», - ян.

Ибну ГIумарицаги Къуръан хабада цIалеян васият гьабун букIана. Гьединго хабаде иналъе далиллъун чIола имам Бухарияс бицараб кьучIаб хIадис, гьелъул баян ибну ХIажар ГIаскъаланияс рехсана «ФатхIул Бариялда»: «ГIабдуллагь бин Маликатица бицана гьей йихьанин жиндирго вацасул хабада зиярат гьабулей. Гьелда гьикъана аварагас гьеб гьукъун букIинчIищин абун. Гьелъ абула букIанин, амма хадуб аварагас амру гьабунин зиярат гьабейилан.

Имам Загьабияс хъвалеб буго гьеб хIадис кьучIаб бугилан. Гьединго гьеб хIадис рехсана имам ХIакимицаги (№1392).

ХIафиз Макъдисияс «ХIикаяту Мансура» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «ХIафиз ГIабдулгъани Макъдисиясул кверда бижаражо (фурункул) гIадинаб унти баккун букIана. Цин бачIун, хадуб нахъе ун букIана. Хадув гьев вахъуна Исфагьаналде, цинги Багъдадалде щола гьеб унтигун, уна имам АхIмадил хабаде. Гьеб квер гьесул хабада тIасан бахъула, унти нахъе уна ва тIокIаб унтизеги унтуларо». Гьадинал хIадисалги имамзабазулги асхIабзабазулги баянал тIахьазда гIемер руго. Гьез нилъее баян гьабула хабада Къуръан цIализе бегьулеблъиялъул, гьединго баракат тIалаб гьабизе бегьиялъулги Аллагьасул вализабаздаса, чIахIиял имамзабаздаса.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...