Аслияб гьумералде

Нахъе тана гIелму

Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна хIакъикъат нилъеда бичIчIизабизелъун.

 

– Я, дир вас! Дуца Аллагьасукьа ﷻ хIинкъаразул гурони квенги кванаге ва гIакълуги дандбай хIакъикъиял гIалимзабазулгун.

– Мун вукIа лъикIал чагIазе лагълъун, амма вукIунге квешазе гьудуллъун.

– Я, дир вас, хIусудчиясул лъабго гIаламат буго. АскIов гьечIеб мехалъ гьудуласде гъибат гьабулеб, вихьараб мехалъ хIелхIедулев, дуде балагь щвараб мехалъ вохулеб.

– Мун чияде хIажалъулареб хIалалъ вукIа, божаравлъун вукIина.

– Дуца дурго кIалдиса къватIибе бачIунеб калам ккун чIезабе, мун вуцIцIун чIанагIан мунагьаздаса цIунун хутIила, дуца гьабизе кколеб калам буго дуе жиндаса ахираталъе пайда бугеб.

– Дуца Аллагьасе ﷻ тIагIат-гIибадат гьаби дурго даран-базарлъун гьабе, матахI-къайиго гьечIого дуе хайир щвела.

– Дуца азарго гьудул ккве, азаргоги дагьав вуго. Дуца цониги чи тушманлъун гьавуге, тушман цохIоги гIемерав вуго.

– Дуца хIикматалда тIадчIей гьабе, мун гьелдалъун хиралъила. Дуца гьеб кIодо гьабе, мунги гьелдалъун кIодолъила, хIикматалъул тIабигIатазул бищун тIадегIанаб жо ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ дин ккола.

– Дуца тавбу гьаби нахъбахъуге, хвел ракIалдаго гьечIого бачIунин.

– Жинца гIадамалги живгоги ращад гьарурав ритIухъав чиясул хиралъи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цIикIкIинабула.

– Бокьараб яги рихараб цо жо дандчIвараб мехалъ, дуца цIуни гьабе гьелдалъун, дур рекIелъе ккеялдаса гьеб дуе лъугьараб гуреб, цоги жо дуе маслихIатаб букIинаанилан.

– Дун чанги пашманлъана цо жо абиялдаса, амма киданиги пашманлъичIо кIалъачIого чIеялдаса.

– Гьардеялдалъун дуца дурго нич инабуге, дуца даруги гьабуге дурго цциналъе къватIив чIвазавиялдалъун. Дуда дурго къадру лъай, дуе гьелдалъун магIишаталъе кумек букIина.

– Воре, мун цIунун чIа гIалимзабигун дагIба-диялдаса. ХIикмат зодаса бацIцIадго рещтIуна ва гьеб лъаларо жидеца гьел жидеего бокьарал жалазде сверизарулел гIадамазда.

– ГIиси-бикъинал жалин дуца умурал кIвар гьабичIого тоге, гьел метералде чIахIияллъун лъугьунин.

– Я, дир вас, кида дандчIвалебали лъалареб жо буго хвел, мун гьелде хIадурго вукIа, гьеб тохлъукьего бачIинчIого букIине.

– Мун лъикI гIенекке дудаса цIикIкIарас абулеб жоялъухъ.

– Дурго гьудулзаби лъелго унел рихьани, мунги а лъелго гьезда цадахъ, гьел хIалтIулел ругони, гьелгун хIалтIе.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...